План-конспект урока аварского языка 10 А - 06.02.2024
10 Б - 07.02.2024
Дарсил тема: Цадахълъел.
Дарсил мурад: 1. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езабизе.
2. Каламалъул бут1а цадахълъел такрар гьабизе .
3. Цадахълъелалъул х1акъалъулъ лъай щула гьаби;
4. Хъвавул ва к1алзул каламалъулъ цадахълъел х1алт1изаби; 5. Лъималазда гьоркьоб гьудуллъи щула гьаби.
.
Дарсил ин:
1. Лъимал дарсиде х1адур гьари
Ассаламу г1алайкум,
Аваразул миллат – мац1,
Адаб кьоч1ое лъураб,
Ахир рокьуе гьеч1еб.
Армяназул пашманлъи Арарат мег1ер буго.
Аваразул пашманлъи – Авар мац1 лъач1ел лъимал
2. Араб тема такрар гьаби.
Прилагательное сунда абулеб? Мисал баче.
Предметияб ц1аргун цадахъ бугеб прилагательное предложениялда жаниб г1емерисеб кинаб членлъун бук1унеб?
Прилагательное жинсалде ва формаялде кин хисулел? Мисал баче.
Качествияб прилагательноялъ щиб загьир гьабулеб? Мисал баче.
Гьоркьоблъиялъул прилагательноялъ щиб бихьизабулеб? Мисал баче.
Прилагательноял лъугьунел кинал къаг1идаби нужеда лъалел? Мисал баче.
Кинал прилагательноял гьоркьор дефис лъун хъвалел? Мисал баче.
Прилагательное кида ва кин падежазде сверулел? Мисал баче.
Г1урус мац1алда прилагательноял кин хисулел?
Тамахаб раг1уца маххулал каваби рагьула.
Лъабабилеб т1ок1аб раг1и бате:
Улка, ункъачо, ункъабилей
Берцинаб, борхатаб, лъабго.
3. Ц1ияб темаялде лъимал х1адур гьари
Мащина лъалхъизабуна шоферас-лъараг1ас. Тохтир Х1ажи шагьаралде щвана.
Тохтир абураб раг1уца баян гьабулеб буго цебехун рехсараб раг1и.
Гьеб ккола цадахълъел.
Ц1ияб тема: Цадахълъел.
Цадахълъел ккола Словарияб х1алт1и.
Тарих-1история,
2-число, Симферополь- шагьар, Гьир-груз
Къапила –толпа
Гъагъал –Гъагъалъ росдал г1адамал
Ч1ел –победа
Пиринч1- зерновая культура
1941 соналъ 22 июналда нилъер Ват1аналде т1аде к1анц1ана фашистазул аскарал.Дагъистаналдаса рагъде ана 120 азарго чи. 1945соналъ 9 маялъ нилъер халкъалъ гьеб рагъулъ баргьенлъи босана.
4 + 3 г1ола 7
3 * 2 бач1уна 6
21 : 3 щола 7
79 - 2 хут1ула 77
къого – къо
нусго – нус
анкьго – анкь
100-99=1
1 Рик1к1ен сунда абулеб?
а ) жинца предмет бихьизабуле каламалъул бут1аялда. б)предметалъул къадар яги ирга бихьизабулеб каламалъул бут1аялда
в) предметалъ гьабураб иш бихьизабулеб каламалъул бут1аялда.
2 Къадаралъул рик1к1еналда хадуб предметияб ц1ар лъола
а) г1емерлъул формаялда
б) цолъул формаялда
в) лъаларо
3 Рик1к1еналъул суалал ккола
а) щиб? щив?
б) киб? кида?
в) чан? чанабилеб?
Рокъобе х1алт1и: ц1иял раг1аби лъазаризе. §24, х1алт1и-5, гь.78.