СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

«Эбел».Расул Х1амзатов.Такрар гьаби.

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
««Эбел».Расул Х1амзатов.Такрар гьаби.»

Дарсил тема: «Эбел».Расул Х1амзатов.Такрар гьаби.

Дарсил тайпа: г1адатияб гуреб щула гьабиялъул дарс.

Дарсил мурад ва масъалаби:

  • Расул Х1амзатовасул творчество лъималазда лъик1го лъай;

  • Маг1арул мац1алда хъварал асарал лъималазда пасих1го маг1на бич1ч1ун ц1ализе бажари борхизаби.

  • Гьел асаразул мисалалда лъималазул эбелалдехун ва рахьдал мац1алдехун рокьи ва адаб куцай.

  • Дарсил алатал: компьютер, проектор, экран, Расул Х1амзатовасул ва цогидал шаг1иразул эбелалде хъварал асарал, лъималазул квералъ гьарурал х1алт1аби, улбузул суратал .

  • Дарсил ин:

1.Авалияб г1уц1и. Дарсил байбихьи.«Эбел» кеч1 биччала Машидатил. Гьеб ах1ун бахъарабго дицаго эбелалде гьабураб «Эбел» коч1ол мухъал ц1алила.

Ноябрь моц1алъул ц1орорал къояз

Бихьун буго дида т1оцебе дунял,

Т1оцебе дий канлъи кунч1изабурай

Гьимун йиго дие т1оцее эбел.

Дир хирияй эбел,гьелдаса нахъе

Батила дур гьаракь дий хиралъараб,

Дур хинал квераца кодойги йосун

Саратилан дуца диде ах1араб…

Эбел! Гьеб раг1ул берцинлъи, гьеб раг1ул гьуинлъи, гьелъул гьайбатлъи. Кинабго лъимаде бугеб рокьиги, х1еренлъиги, недегьлъиги бессун буго эбелан абураб раг1улъ.

2.Рокъобе х1алт1и ц1ехей.Нужее рокъобе кьун бук1ана Расул Х1амзатовасул «Эбел» абураб кеч1 рек1ехъе лъазабизе. Цояз шаг1ирасул къокъабго биография хъван рефератги къач1азе бук1ана.Лъица х1адур гьабураб ,лъимал, гьеб?

а)Ц1алдохъан доскаялде вахъун ц1алила жиндирго х1алт1и ва цинги гьеб кьела муг1алималъухъе.

-Кеч1 лъазабунищ нужеца? Рахъаха бицине.

б)Лъимал рахъинарила кеч1 бицине доскаялде цо-цоккун(4-5 ц1алдохъан).

3.Дарсида т1ад х1алт1и.Расул Х1амзатовасул цебе малъараб цониги кеч1 рак1алда бугищ нужеда?

«Ц1уне ниж гьерсидаса!» т1оцебесеб классалда малъана.

Рач1а киназго цадахъ рик1к1ине гьеб.

Ц1уне ниж гьерсидаса!

Ц1уне ниж мац1идаса!

Ц1уне ниж яргъидаса!

Ц1уне ниж рагъалдаса!

Кье нижей бац1ц1адаб зоб!

Кье роц1ц1араб дуниял!

Кье хъах1илал ралъадал!

Кье т1адег1анаб г1умру!

Гьересиги, мац1ги, ярагъги рагъги лъик1аб жо гуро. Ккогеги нилъ киданиги гьелде. Дунялалда т1ад г1емерал руго гьабсаг1атги кколел рагъал . Хасго бусурбабазул х1укуматазда т1ад зулму гьабулеб буго кутакалда. Нуж г1адин рат1лидги кванидги хьун, г1орц1ун гьеч1о киналго лъимал . Бац1ц1адаб зобги, роц1ц1араб дуниялги, т1адег1анаб г1умруги анищлъун буго Палестинаялъул лъималазе. Г1орц1изег1ан гьекъезе бац1ц1адаб лъимцин щоларо жакъасеб къоялда жаниб гьезие.Гьезул минаби риххизарулел руго, улбул ч1валел ялъуни рачун жанир лъолел руго израилалъул солдатаз, гьезул ракьалде т1адеги к1анц1ун.Жидерго саназде дандеккун, г1емерго хех к1удиял г1олел руго гьел лъимал г1акълуялъул рахъалъан.Гьезда г1емераб г1акъуба бихьулеб буго.Палестиналъул гьит1инав васасул ц1аралдасан г1урус мац1алда Анатолий Пшеничныяс хъвараб маг1арул мац1алде буссинабураб кеч1 ц1ализе вахъа ,Х1асанов Г1абдуллагь.

«Палестиналъул лъималазул кеч1».

Рак1алда бугищ, баба,нилъерги рукъ бук1араб,

Чамасдак1алъул гъот1окь т1аде раг1ад рехараб?

Цо къоялъ тушбабазул бомбаялъ биххана гьеб.

Нилъги къват1ир хут1ана т1анхазул чадиралъукь.

Рак1алда бугищ,баба,дирги дада вук1арав,

Цо ццидалав тушманас туснахъалде гъезег1ан?

Бук1ана дирги ват1ан –г1агараб Палестина,

Яргъил кутак бергьараз кодоса бахъинег1ан.

Амма Палестиналде дир рек1елъ бугеб рокьи

Кинго бахъизе к1веч1о хъант1арав тушманасда.

Г1одуге,гьебин баба,бац1ц1ине те , дур маг1у,

Гьеб бац1ц1ине г1ураб х1ал бугин гьал дир кверазда.

Жакъа дур гьурмадаса маг1у бац1ц1араб г1адин.

Палестиналъул ругънал регъезарила дица .

Нилъехъа бахъанщинаб нахъ буссине гьабила.

Щвела ват1ан . цинги рукъ,рукъалда цере хурзал.

- Ц1унаги нилъ Аллагьас гьединаб х1алалдаса.Нилъ Бет1ергьанас кутакалда лъик1 хьихьун руго.Нужер эбелаз рух1 бахъунги лъик1абщинаб ч1езабизе х1аракатги бахъулеб буго нужее.Гьелъул къимат гьабизе ккола нужеца.Эбелалъул адабги гьабизе ккола.Аллагьасе щукруги гьабизе ккола щибаб бач1араб къоялъ.Нилъеца гьекъолеб бац1ц1адаб лъимг1анги бац1ц1адго ц1унизе ккола нилъерго хъизаналъул къадруги, нилъерго ях1-намусги.Гьеб лъел щибаб къат1раги г1адада г1одобе чвахизе тезе бегьуларо.Нилъеда аск1осан чвахулеб бугеб Сулахъ г1урул лъимги гъорлъе бата-батараб чороклъиги бан хъублъизабизе бегьиларо г1адамаца.Нилъеда кидаго рак1алда бук1ине ккола лъел нахърател(запас) ракьулъа кида бугониги лъуг1улеблъи.Лъим гьеч1они г1умруги бук1унаро.Гьединлъидал лъел х1урмат гьабизе ккела нилъеца, гьеб исрап (исраф-расточительство)гьабизе бегьиларо.Гурищха,лъимал?

Гьанже нахъруссина нилъ нилъерго Расулил асаразде.Цоги кинал куч1дулха малъарал нужеда к1иабилеб классалда Расул Х1амзатовасул?

Лъималаз цо-цоккун рахъун бицина куч1дузул ц1арал:

«Ассаламу г1алайкум!», «Хаслихълъи», «Дингир-Дангарчу», «Дир ракь», «Дах1адада» ва цогидалги. Гьезул цониги кеч1 рек1ехъе бицине к1велищ лъиданиги? «Ассаламу г1алайкум» киназго бицина:

Ассаламу г1алайкум,аваразул миллат-мац1,

Адаб кьоч1ое лъураб ,ахир рокьуе гьеч1еб.

Ассаламу г1алайкум,аваданаб авар халкъ,

Африкаялъул х1анч1аз август т1амулел т1охал.

Армяназул пашманлъи Арарат мег1ер буго,

Аваразул пашманлъи-авар мац1 лъач1ел лъимал.

-Щай,лъимал,аваразул пашманлъи авар мац1 лъач1ел лъималилан хъвалеб бугеб авторас?Щайгурелъул гьанже маг1арул лъималазда гъорлъ г1емерал ругелъулха жидерго рахьдал мац1 бицине лъаларелги.Нилъеца х1аракат бахъила нилъго аваразул пашманлъилъун гурел, нилъерго халкъалъул рохеллъун рук1ине.Гурищха?ИншаАллагь.

Марямие кинаб кеч1 бокьун бугеб бицине?

«Хаслихълъи» бицина Марямица.

Хаслихълъи кинаб лъаг1алил заман кколеб?Осень.Цоги кинал заманал лъалел нужеда?Гьабсаг1ат кинаб заман щолеб бугеб?Их.

-Школалда малъич1еб, жиндицаго рахьдал мац1алъул къецазде лъазабун бук1араб Расулил «Пат1имат»абураб кеч1 бокьилаан дие гьаниб дарсида Пат1иматицаги бицине. «Пат1имат» кеч1 бицина Х1амзатова Пат1иматица.

-Лъабабилеб классалда малъанищ нужеда Расулил цониги кеч1?

Малъана т1оцебесеб дарсидаго «Маг1арулазул Ват1ан» .Гьеб кеч1 лъугьана маг1арулазул гимнлъун. Нилъ гьабсаг1ат г1енеккила гьелъухъ. Киназго цадахъ ах1ани дагьабги лъик1 бук1ина.Гимн биччала. Маг1арулазул гимнилан ц1ар лъуниги Дагъистаналъул гимнлъун лъугьана гьеб.Нилъер Дагъистаналда руго г1емерал бат1и-бат1иял мац1азул халкъал. Узухъда, нилъерго рахьдал мац1 бокьизе ккола сундасаго цебе.Амма нилъеда цадахъ г1умру гьабулел ругел халкъазул ва гьезул мац1алъулги гьабизе ккола адаб. Нилъеца гьел мац1азулги адаб гьабулеб куц бихьизабила жакъа гьалбадерида.Маг1арул лъималаз рик1к1ина нужее лъараг1, лаказул, лезгин ва чачан мац1азде руссинарурал эбелалде гьарурал Расулил куч1дул.

Лезг.Х1ажиева Загьра

Лъараг1 Шуг1айнат

Лак.Халакова Хадижа

Чачан Х1айбулаева Салимат

- Нилъер халкъал цоцазда к1алъалеб, нилъер к1иабилеб мац1лъун лъугьараб г1урус мац1алде буссинабич1еб асар цониги батиларо Расулил .

Эбелалде гьабураб кеч1 рик1к1ине яхъа Х1амзатова Пат1имат ва Къурбанова Умидат.Г1урус гуребги, т1олго дунялалъул мац1азде руссинарун руго Х1амзатил Расулил куч1дул.Ингилис мац1алде буссинабураб шаг1ирасул «Эбелалде» гьабураб кеч1 ц1ализе яхъина Саида.

Саида яхъина ингилис(английский)мац1алда кеч1 рик1к1ине.

Бат1и-бат1иял мац1ал лъазарулел ругони, гьелъ цевет1ун гурого нахъе чи ккеларин рак1ч1ола дир.Нилъер Шамил имамасдаги лъалел рук1аралъидалха къогоялдасаги ц1ц1ик1к1ун мац1ал.Имам Шамил щив кколевали, лъалищ лъимал нужеда?(Бицен гьабила)Амма бищунго лъик1 имамасда лъалаан маг1арул ва г1араб мац1.Бусурбабазе г1елмуги Аллагьасул Каламги лъазе ккани г1араб мац1 чара гьеч1ого лъазе кколеб жо буго.Гьеб буго буго дунялалъулго мац1азда гьоркьоб пасих1лъиялъул ва бечелъиялъул рахъалъ жинде бахунареб мац1 .Гьеб буго куч1дузул мац1.Коч1одалъун хъвараб Къуръанги Бет1ергьанас г1адада батиларо г1араб мац1алда нилъехъе кьураб.Гьанже г1енеккеха гьеб пасих1аб гьайбатаб мац1алда эбелалде хъвараб назмуялъухъ.

Гьаниб биччала видео эбелалъул х1акъалъулъ нашидгун г1араб мац1алда.Перевод хъван бук1уна слайдазда.

Эбелалде кеч1 хъвач1ев цониги шаг1ир ватиларо.Хъвана гьединал куч1дул Расулица гурелги, киналго нилъер шаг1ирзабазги.Нилъехъе дагьай цеег1ан гьоболлъухъ яч1ун йик1арай Тубх1ат Зургьаловалъул т1убараб т1ехь буго эбелалъухъ гьабураб маг1у(бихьизабила т1ехь).Нужеда лъалищ , лъимал, гьединал куч1дул?

Г1абасил Мух1амадил кеч1 «Эбел» рик1к1ина Магьдиев Мух1амадица.

Пат1иматил эбел гъоркьиса ун йик1ана х1ежалде.Лачен журналалдасан лъазабураб эбелалде гьабураб кеч1 бокьун буго гьелъие бищунго.Гьабсаг1ат нилъееги бицина гьеб кеч1 Пат1иматица.Пат1имат,яхъа доскаялде.

«Эбел х1ежалдаса юссараб мехалъ» кеч1 рик1к1ина Пат1имат Гьит1иновалъ.

Дун шаг1ирги гуро,лъимал, хъвадарухъанги гуро,г1адатияй маг1арул мац1алъул муг1алим йиго.Амма диеги нужеего г1адин рух1г1анги йокьула дирго эбел.Дицаги гьаруна эбелалде чанго кеч1.Пат1иматица ц1алараб коч1одаса хадуб диеги бокьун буго нужее ц1ализе дирго эбел х1ежалдаса юссараб мехалъ гьабун бук1араб кеч1.

Кеч1 ц1алила дицаго «Марх1аба,лъик1 щварай!»:

Марх1аба,лъик1 щварай,х1ежалъул микки

Маккаялдеги щун, анищ т1убарай

Барка,барка,х1еж,х1ежалъул бика

Х1абибасул равза бихьизе щварай….

«Дуда эбелалъул гьумер бихьанищ» биччала кеч1 ва доскаялда слайдал риччала эбелазул суратазул.

Дир ц1алдохъабазда гьоркьорги камич1о цо-цо къалмил х1албихьарал лъимал.Гьезги ц1алила нужее гьабсаг1ат жидерго эбелазде гьарурал куч1дул.

Мусаева Пат1имат «Эбел»,Х1асанов Г1абдуллагь «Дир баба».

4.Дарсил х1асил.-Нилъ херлъаниги эбелалъе кидаго хут1ула гьит1инал лъималлъун. Эбел ч1аго дунялалда йигейг1ан заманалъ, чохьол лъимадул ургъел рек1елъа унаро гьелъул.Нилъ ракъани якъун, нилъ г1орц1ани г1орц1ун, нилъ роххани йоххун, къварилъани къварилъун - гьеле эбелалъул г1умру.Чан макьу гьеч1еб сордо рогьунеб гьелъ лъимадул къаданиб.Киг1ан г1акъуба х1ехьолеб эбелалъ лъимаде г1олон.Аллагьас Къуръаналда гьелъ ятила гьей к1одо гьаюн йигей. Алжан эбелалъул х1ат1икь бугилан абулелъул.Нужецаги, лъимал, нужеего алжанги щвезе, Аллагьасе нилъгоги рокьизе киданиги тоге эбелалъул адаб.Рокъоб к1вараб кумек гьабе гьелъие.Хъулухъалдеги хьвадани, рукъалъул х1алт1иги цадахъ бачине ккани зах1матаб жо бугелъул.Эбел свакан йик1уна,гьей нужер кумекалде х1ажатай йик1уна.К1вах1аллъуге рукъалъул х1алт1и эбелалъул гъуждуздаса борхизе.Щибаб какда хадуб гьаре эбел-инсуе г1умру ва сахлъи.Гьезие дуг1а гьабич1они нужеца гьарараб щибго жо къабул гьабуларо Аллагьас.

Бищунго йокьулей цо эбел йиго

Гьелдаса хирияв щивг1аги гьеч1о.

Кинаб ургъалилъе дун ккананиги

Ургъел дир бикьизе цо гьей ятула.

Гьал бусурбабазул абиго буго

Къуръан эбелалъул х1ат1икь батулин.

Алжан кьолеб г1амал бокьун батани

Эбел рази гьае гьаб дунялалда.

Дирги нужеда малъарилей йик1аниги, дирго рукъалъул х1алт1уцаги рег1ел гьеч1олъиялъги чанги эбел-инсуе гьабизе кколеб хъулухъ гьабич1ого хут1улеб буго. Дун ине кват1ани дир эбел дихъе яч1инч1ого ч1оларо, киг1ан унтун йик1аниги, тату хун йик1аниги. Дие бокьун буго киназдаго цебе дирго хирияй йокьулей эбелалда т1аса лъугьаян гьаризе.Т1аса лъугьа, дир эбел нижеца дур тараб адабалдасаги гьабич1ого хут1улеб хъулухъалдасаги, ниж сабаблъун дуца баччизе ккарабщинаб зах1малъиялдасаги.

5.Рокъобе х1алт1и.-Дица нужее х1адур гьарун руго т1анчал , нужер щивасул эбелалъул сурат т1ад бахъараб.Бажарараз маг1арул мац1алда, бажаринч1ез г1урус мац1алда гьал т1анчазда хадусеб дарсиде сочинениял хъвай нужеца.Жакъасеб дарсие киназего щуйилал лъолел руго.Гьелги г1адатиял гурелха, меседил . Гьел меседил гъурщазда жаниб бугеб гьуинлъиг1анги гьуинго к1алъай нужерго эбелаздехун.Эбелалъул хахараб рахьг1анги гьуинлъаги нужее рахьдал мац1ги. Месед г1адин ц1уне нужеца нужерго улбул ва рахьдал мац1.

Дие ц1акъ бокьилаан дир эбелалъ нилъее киназего гьаниб дуг1аги гьабизе.

Къо-мех лъик1!




Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!