СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

«Ц1уне миллатги, мац1ги!»

Нажмите, чтобы узнать подробности

Чан г1асрабаз абураб

Г1адамаца гьаб раг1и.

Чан г1елазда раг1араб

Г1агараб гьеб цо калам.

Просмотр содержимого документа
««Ц1уне миллатги, мац1ги!»»

Муниципальное казенное общеобразовательное учреждение

«Средняя общеобразовательная школа №7»

г. Кизилюрт


Сценарий

на тему:

«Ц1уне миллатги, мац1ги!»



Подготовила : Абдусаламова С.М.



«Ц1уне миллатги, мац1ги!»

Лозунг: «Эбел тарасе - рогьо

Эмен тарасе - рогьо,

Амма иях1 тарасе

Азарго нухалъ - рогьо».

Стендал: 1. «Метер маг1арул мац1 хвезе батани,

Хваги дун жакъаго, жаниб рак1 кьвагьун». (Р. Х1амзатов.)

2. «Авар мац1 - дир кинабго хазина,

Дир дарман, дир гьаракь». (Р. Х1амзатов.)

Т1ахьазул выставка:

Мац1азул х1акъалъулъ маргьа (слайд).

Салам кьей.

Забия - Чан г1асрабаз абураб

Г1адамаца гьаб раг1и.

Чан г1елазда раг1араб

Г1агараб гьеб цо калам.

Асият - Муг1рул т1огьал мах1 бугеб,

Т1ок1к1араб лъел кьер бугеб,

Кьурул борхалъи бугеб,

К1к1алал гъварилъи бугеб,

Зулайпат - Гъорлъ адабги, х1урматги,

Х1еренлъиги г1емераб

Г1емерал миллатазда

Мац1 лъач1ого бич1ч1улеб

Аниска - Божилъиги, рокьиги

Рек1елъ бугеб хиялги

Халкъалъул гьудуллъиги

Гьуршун баян гьабулеб

Хадижат -Гьимулаго гьумергун,

Гьоболас вач1ун кьолеб,

Вач1арасе т1оцебе

Харбие кьуч1 т1амулеб,

Шамай - Т1олго вацлъиялъего

Умумуз ирслъун тараб

Кьолеб буго нужее

Маг1на гъваридаб  Салам.

Асият - Лъик1 щварал маг1арулал

Авар мац1алъул гъасде

Лъик1 рач1арал ракь цоял

Бокьулеб гьаб сверуде.

Хадижат - Салам гьалбадериде

Гор сверуде рач1арал

Умумузул г1адатги

Г1амалги чорхолъ бугел.

Зайка Ахм - Салам дир хирияб, маг1арул миллат,

Нужго г1адатиял, г1акълу камилал

Гьаб т1абиг1аталъул т1аг1ам бич1ч1улел,

Т1адал наслабазе хилиплъуларел

Ах1мад - Ассаламу г1алайкум , маг1арул миллат,

Ккани рачел къалел, чуял кьололел,

Заман мехтаниги, мех гьет1аниги

Т1ад лъурал т1агъразул къадру рехич1ел

Мух1амад - Гьаб Дагъистаналъул г1емераб миллат

Гьезул жиде-жидер буго рахьдал мац1.

Гьелда гьоркьоб буго цо авар мац1ги,

Гьеб мац1 буго дие ц1акъго хирияб.

Альбина - Нилъ ккола маг1арулал. Цойгидал халкъаз нилъеда абула аварал абун. Дагъистаналда ругел 40-г1анасел мац1азда гъорлъ маг1арул мац1 бицунел г1адамазул къадар бищунго ц1ик1к1араб буго. Гьезул г1ага-шагарго 800 000 г1анасев чи вуго. Г1алимзабаз ч1езабун буго цо кидаялиго Дагъистаналда ругел г1емерисел халкъазул цого мац1 бук1ин. Заман анаг1ан гьеб бикь-бикьун, бат1и-бат1иял мац1азде сверун буго. Ц1уне,хириял ц1алдохъаби, нилъерго рахьдал мац1! Дунялалда т1ад бищун берцинаб мац1!


Ах1мад - Маг1арулазулги Дагъистаналъулги талих1 буго Расул Х1амзатов,Фазу Г1алиева,Инхоса Г1алих1ажияв,Ц1адаса Х1амзат,Муса Мух1амадов г1адал хъвадарухъаби,шаг1ирзаби дунялалда т1ад рахъин.Гьел ккола унго-унго маг1арул мац1ги,ц1арги,ц1ваги ц1унарал раг1ул устарзаби.

Кеч1: Дагъистан (закариев)

Ассаламу гIалайкум

Сахаватаб дир миллат

БачIараб къо борхунел

Къадруял мугIрул васал

Салам нужой гIагарал

Гьайбатал дир ракь цоял

МугIрузул адаб намус

Яс-бер гIадин цIунарал.


Салам, дир магIарулал

Сахлъи бахIарчияб халкъ

Салам дуде чIухIараб

Аваданаб Дагъистан


Шамил Имамасул ракь

МахIмудил рокьул улка

ТIогьол цIурал байдаби

Берцинлъи дур Дагъистан

Кьурулъан чвахулеб гIор

Чундузул цIурал рохьал

Бихьун бер гIорцIулареб

ГIажаибаб дир ВатIан


Нилъ Хочбарил наслаби

ХIажимурадил миллат

Шаг1ирзабазул улка

Устарзабазул ВатIан

РачIа цоцалъ гъункизе

РачIа рекъел цIунизе

Хириял магIарулал

РачIа вацлъи цIунизе.


Пат1имат 11 - Дир гьит1инаб Ват1ан, маг1арул улка,

Дие дур хиралъи, дий дур к1одолъи!

Авар каламалъул камилаб раг1и,

Унго к1оченадай дир лъималазда?


Шамай - Гьаб нужер мажлисалде ц1аруе щварай гуро,

Ц1ер г1адинаб бац1ц1адаб рокьуца ц1арай йиго.

Рокьула дие муг1рул, маг1арул пасих1аб мац1,

Дирго хирияб т1алъи, т1адег1анаб Дагъистан!


Альбина - Бокьула инсул росу, росдал иццал, ссанаби,

Т1огьолъан жиб баккараб сверухъ бугеб т1абиг1ат.

Бокьун буго дир рокьи киназего бикьизе,

Жив-живасул рек1елъан гьеб рокьул ц1а кунч1изе.


Ах1мад - Дир халкъалъул ях1-намус, бах1арчияб хасият,

Хиси гьеч1еб г1адатлъи, г1орхъи гьеч1еб г1аданлъи,

Дир халкъалъул гьайбатлъи, гьезул гьунар, лебаллъи,

Жиндилъан ях1 бец1ц1улеб гьаб мац1алъул гьуинлъи.


Маг – жиева 11 - Сабураб инсул рукъ, гъанситохъ кунч1и
Киниде къуларай х1еренай эбел
Умумузул бицен, кици, абиял.
Кагътиде босараб меседил щакъи.

Г1айшат 11 -Миллаталъул тарих, халкъалъул гьунар
Пандрида ах1арал машгьурал куч1дул
Чирахъул канлъухъе, маг1арул мац1алъ
Г1уц1ана нилъее гьаб Адабият.

Мух1амад - Расулица хъвалеб буго:

-Мац1 лъач1ого,гьабич1ого гьаб дунял. Раг1и бук1инч1ебани дунял гьадинаб бук1инароан. Мац1 лъач1ого,кеч1 гьаби, лъим лъач1ого,г1урулъе лъугьин буго.

Камила - Щивасул жиндирго мац1ги жиндирго ц1ваги буго. Дир мац1-гьеб маг1арул мац1 буго. Гьеб дие бокьула. Бокьула гьит1инаб халкъалъул г1агараб мац1.Г1адамазе жидерго мац1 хирияб бугин абулеб жо ккола эбел-инсуе лъималги лъималазе эбел-эменги хириял ругин абураб г1адаб жо. Мац1 чияс т1абиг1ат ц1унулеб г1адин ,ц1унизе ккола.

Лъаларо, Мух1амад, цогиязул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила

Метер маг1арул мац1 хвезе батани,

Хвайги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун.


Забия - Дие кинидахъ кеч1 ах1ана муг1руз

Маг1арул мац1алда маг1арул росулъ.

Босана дица гьеб дидаго цадахъ

Дунялалъул нухал рахунеб мехалъ.


Асият - Дица авар мац1алъ ах1ана сарин,

Сири базабуна гьелъ дир черхалда.

Черх щиб жо? Чархида ккуна раг1аби,

Маг1арул мац1алъул ц1а пирхиледухъ.


Пат1имат 11 - Маг1арулазул калам, аваразул музыка.

Кирехун щвананиги, бокьулеб куц раг1изе.

Маг1арул мац1 лъалезе, гьеб мац1алъул пасих1лъи.

Маг1арухъ рижаразе гьеб мац1алъул гьуинлъи.


Альбина - Мах1мудил пасих1лъи, гьесул х1асралъи,

Бидулъ къаламги ччун,гьарурал куч1дул,

Гьаб нилъер маг1арул мац1алъ киниги,

Киданиги дида рич1ч1изе гьеч1о.


Зайнаб Ахм. – Нич гурищ, маг1арул мац1ги к1очон тун,

К1ург1араб бухари лъезе бот1рода?

Г1урус мац1алдайищ метер хабада,

Дуг1а наслабаца нилъей гьабилеб?

(Кеч1 ах1изе «Маг1арулал»)

Релъи-хъуй гьеч1ого рохизе лъалел,

Маг1у чвахич1ого г1одизе лъалел,

Г1ищкъу рек1араб ц1а ц1унизе лъалел

Маг1арулал ругел лъик1ал г1адамал.



Бак1ал къваридалъур рак1ал г1ат1идал,

Рукъ мискинлъаниги, намус бечедал,

Т1аде бач1араб къо лъимлъун къулч1улел

Маг1арулал ругел лъик1ал г1адамал.


Рик1к1ен дагьлъаниги, гьунар г1емерал,

Г1урда т1егь бижизе чорхол би т1олел

Божизе бегьила гьаб дир халкъалда, -

Маг1арулал ругел лъик1ал г1адамал.


Ах1мад 11 - Дир т1алъи, дир муг1рул,дида гьикъич1о,

Кив гьавизе дуе бокьилебилан;

Мац1 малъулеб мехалъ дида ц1ехеч1о,

Кинаб халкъалъул мац1 дуе кьелебан.


Г1айшат 11 - Ц1умаз бусен лъолеб кьурул сверабалъ

Кьуна дие г1умру дунял гьабизе.

Кьурдасан риччалел гьарчазул г1адаб,

Малъана авар мац1 куч1дул ах1изе.


Мух1амад 8 - Т1олабго Дагъистаналъулго г1адин,маг1арулазулги буго бечедаб тарих. Маг1арулазул ч1ух1и-Шамил имам.Шамилил бет1ерлъиялда гъоркь пачаясул аскаразде данде рагъана маг1арулал Кавказалъул рагъул соназ.

Шамай - Гьаниб щибаб росулъ, росабийищ гьал-

Хасаб г1адат буго, хасаб мац1 буго.

Гъунибги,Хунзахъги,Г1андибги,Ч1охъги,

Г1аламат, жидерго бакъан-кеч1 буго.


Маг-жиева 11 - Амма кий щваниги, намусги ях1ги,

Рух1алдаса цебе гьабулеб буго.

Гьалмагъасе г1оло маян рух1 кьезе

Маг1арул г1адамал х1адурал руго.


Саида 11 - Жиндирго Ват1аналъе г1оло Генуса Шамилица гьабураб къеркьеялъул ц1ар т1ибит1ана дунялалда т1адго. 25 соналъ багъана Дагъистаналъул халкъ Шамилил бет1ерлъиялда гъоркь. «Эркенлъи, ялъуни хвел!»-гьеле Шамилил рагъухъабазул гьа.

Ах1мад - Т1ок1аб жо к1варич1о, Ах1улгох1алда

Имам Шамил щиван ц1ехе цо нухалъ.

Цинги бокьанани, хвалчада гьикъе

Хъах1аб чалма ккурав чиясул хабар… Р.Х1.


Шамай - Цинги хадур рач1ун мун г1адал чаг1аз,
Цебе ккараб х1алалъ хъвазе лъугьана.
Контактал, фейсбукал, вацапал гьарун,
Гьорой биччан ана дир маг1арул мац1.

Асият - Кин нужеда к1олеб, дир маг1арулал,

Маг1арул мац1алъул ц1око бахъизе?

Кин нужеда щолеб сардилъ макьуго

Чохьол лъималазда мац1ги к1очон тун?

Зайнаб Ахм - Хинк1-чедалъул ургъел т1адеги босун,

Миллияб рахъалде рохъо хъван буго.

Мац1 хвеялда цадахъ халкъ холеблъиги,

К1варго гьабич1ого, к1очон тун буго.

Мух1амад - Щиб къисматдай ккела гьаб дир халкъалъул

Халкъияб хазина чадихъги бичун?

Киредай рачина гьал карачелаз,

Чияр культурабаз кверде росарал?!
Сценка

«Маг1аруласул рокьи»

Автор: Х1амида гьирги, гьирт1а къвач1аги, къвач1ида парччиги муц1иги бухьун, сверулев вук1уна маг1арул чи. Цо мехтарал г1олохъаби мац1 лъаларев, язихъав маг1аруласул х1амида малал разе лъугьуна. Маг1арулас бахъула ханжар:

Маг1арулав: - Т1ок1алъ дир х1амида аск1ове къарав чиясда къохьолъ г1адин, къазабизе буго гьаб!

Автор: Г1олохъабаз, х1еренаб мац1 бицун, рекъел гьабун буго ва хадуб гьикъун буго:

Г1олохъанчи: -Гьаб щиб дур х1амида бугеб? Нижее биче.

Маг1арулав: -Гьеб босизе месед – г1арац нужер улкаялдаго батизе гьеч1о.

Г1олохъанчи:- Щиб гьалъул багьа?

Маг1арулав: -Гьалъие багьа гьеч1о.

Г1олохъанчи: -Бичулареб, босулареб жо гьеч1о дунялалда. Щиб гьаб багьа гьеч1еб жо?

Маг1арулав: -Буго.

Г1олохъанчи:- Щиб?

Маг1арулав: -Ват1ан.

Г1олохъанчи:- Х1амида баччулеб Ват1анищ бук1унеб?

Маг1арулав: - Дир Дагъистан буго багьа гьеч1еб хазина.

Автор: - Г1олохъаби релъанхъула.

Г1олохъаби:- Бихьея, бихьея, кинаб хазинаяли?

Автор: - Рагьун буго маг1арулас таргьил к1ал. Бихьун буго бакъвараб х1ур, сали, чабах.

Г1олохъаби:- Щиб гьаб?

Маг1арулав: Гьаб буго дир хирияб хазина, дир муг1рузул ракь.

Г1олохъаби: Гьабг1аги щиб?

Маг1арулав: Цин таргьил к1алги бухьун бицина.

Автор: Бухьун таргьил к1алгун, бахъун буго хъаба, хъабиниб бихьун буго г1урччинаб лъим.

Маг1арулав: - Гьаб буго Каспий ралъдал лъим.

Г1олохъаби: - Щибизе гьаб дуца цадахъ баччараб?

Маг1арулав: - Кидаго Ват1ангун цадахъ вук1ине. Нагагь, Ват1анги тун дун хвани, маг1арул ракь хабаде базе, Каспиялъул лъим зоноде щвазе.

Автор: - Гьединги абун, гьес, ракьги бан ,гьебго лъимги т1ун, кверал чурун руго.

Г1олохъаби: - Щай дуца гьедин гьабураб?

Маг1арулав: - Къвариг1ел гьеч1ел чаг1азда хъвараб квер гьедин гурони бац1ц1алъуларилан абула нижер маг1арухъ.

Бице, эбел Ват1ан, бице Дагъистан,

Мун разияб гьеч1ищ дур васаздаса?

Мустах1икъав вугищ дун дур ц1аралъе

Ц1адулъ парпадулел дур байрахъазе? -

Бице, эбел Ват1ан, бице, Дагъистан,

Дилъ эбелалъ лъураб рак1 хут1ун бугищ?


Гьадал муг1рузулги гьал г1оразулги

Г1умругун цолъич1ел къоял дир гьеч1о.

Гьадал къункърабазул рахсидаса т1ун,

Нух бат1ияб зодихъ дица гьабич1о.

Бице, эбел Ват1ан, бице, Дагъистан,

Дилъ эбелалъ лъураб рак1 хут1ун бугищ?


Гьал дир орденалги, дир медалалги

Дица дир муг1рузул каранда рала.

Гьобол хисуларев т1адмаг1арулас, -

Т1адег1анаб улка кинан хисулеб!

Бице, эбел Ват1ан, бице Дагъистан,

Дилъ эбелалъ лъураб рак1 хут1ун бугищ?


Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!