СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Тесты по аварской грамматике 2 класс

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Тесты по аварской грамматике 2 класс»

  1. класс

  1. Гьал раг1абазулъ слогазде бит1ун бикьараб раг1и бате.



  1. Х1а-жи-му-са

  2. му-г1рул

  3. ба-йбихь-ана



  1. Кету абураб раг1уе хасиятал сипатиял раг1аби рихьизаре.

  1. ц1алараб, ц1ек1аб, ц1орораб

  2. берцинаб, ц1одораб, ч1ег1ераб

  3. гьуинаб, хинаб, боржунеб



  1. Т1анк1азул бак1алда, маг1наялъул рахъалъ рекъон кколеб раг1и хъвай.

Нижеца ахикь …. ч1ана.

А) гъут1би

Б) рукъзал

В) дарсал





  1. Гьаб тексталъулъ чан предложение бугеб?

Г1азу бана. Квач ц1ик1к1ана. Ц1орона сверухълъи. Лъимал, чанагъабиги рачун, хъещт1езе ана.

А) 3;

Б) 4;

В) 5

5. Предложение бате.

А) х1алт1ухъаби хурир;
Б) риидал гъут1би;
В) Хасел щвана

6. Предложениялъул авалалда кинаб х1арп хъвазе кколеб?

А) Басмаялъулаб х1арп;

Б) гьит1инаб х1арп;

В) к1удияб х1арп;

7. Нилъер каламалъулъ предложениял кинаб мурадалъе г1оло

х1алт1изарулел?

А) предложениялъ каламалъул гьаркьазул ва х1арпазул бицуна;

Б) предложениялъ цо лъилниги яги сундулниги х1акъалъулъ бицуна,

Гьикъула, т1алаб гьабула ;

В) лъаларо.



  1. Текст г1уц1ун бук1уна:

А) слогаздасан ;

Б) раг1абаздасан ;

В) предложенияздасан ;





  1. Предложение г1уц1ун бук1уна:

А) раг1абаздаса ;

Б) слогаздаса ;

В) х1арпаздаса ;



10. Предложениялъулъ цо сундулниги яги лъилниги х1акъалъулъ бицунеб

бугони, гьеб ккола кинаб предложение?

А) хабарияб ;

Б) суалияб ;

В) т1алабияб ;



11. Предложениялда жаниб суал бугони, гьеб кинаб предложение кколеб?

А) хабарияб ;

Б) суалияб ;

В) т1алабияб ;







12.Текст сунда абулеб?



А) к1иго яги ц1ик1к1ун раг1уда ;

Б) цо чанго раг1абазул дандраялда ;

В) маг1наялъул рахъалъ цоцада бухьараб к1иго яги цо чанго предложениялда;

13.Гьаб тексталъе кинаб ц1ар кьезе бегьулеб ?

Дунял хинлъарабго ,т1абиг1ат ц1илъана. Гъут1би т1егьана. Т!угьдул

раккана. Аваданал х1анч1азул берци-берцинал бакънал раг1изе лъугьана.

А) ихдал;

Б) хасало;

В) хаслихъе ;





14. Васасул г1амал – хасият бихьизабулел раг1аби рате.



А) лебалав, ц1одорав, бах1арчияв;

Б) ц1ияб, басрияб, нек1сияб ;

В) бикъараб, т1егьараб, ц1орораб ;



15. Гьаракь нилъеда

А) бихьула ;

Б) раг1ула ;

В) хъвала ;



16. Х1арп нилъеда

А) бихьула ;

Б) абула ;

В) раг1ула;



17. Гьаб раг1ул цо х1арпги хисун, ц1ияб раг1и лъугьинабе: кьег1ер

А) м

Б) р

В) к1





18. Гьаб предложениялъулъ чан раг1и бугеб?

Эбелги эменги разияб лъимер – лъуг1и гьеч1еб хазина.

А) 8

Б) 6

В) 7

19.Рагьараб гьаракь абулаго . . .

А)к1алзул гьодорлъиялдасан къват1ибе унеб х1ухьлада цере бат1и- бат1иял

квек1енал дандч1вала;

Б) к1алзул гьодорлъиялдасан къват1ибе унеб х1ухьлада цере квек1енал

данч1валаро;

В) лъаларо ;

20. А , у , о, и, э х1арпаз кинал гьаркьал рихьизарулел ?

А) рагьукъал

Б) рагьарал;

В) лъаларо ;



21.Гьаб раг1улъ чан рагьараб гьаракь бугеб? мадугьал

А) 4

Б) 3

В) 5



22. Гьаб раг1улъ чан рагьукъаб гьаракь бугеб? милъиршаби

А) 6

Б) 5

В) 4



23. Гьаб раг1улъ рагьукъал гьаркьал рихьизарулел х1арпал чан ругел? т1имугъ

А) 3

Б) 2

В) 5



24. Рагьарал гьаркьал рихьизаре.

А) къ, т1, л, м, н

Б) а,у, ы, э, ю, я

В) б, п, з, ф, х, ч



25.Рагьукъал гьаркьал рихьизаре.

А) я, э, ы, ё

Б) д, р, ж, г

В) ю, и, ы,у



26. Кинал х1арпаз к1иго гьаракь кьолеб?

А) ё, е, ю,я;

Б) а ,у, о ;

В) ы, э, и;



27. Гьаб раг1ул авалалда камураб х1арп хъвай. …тим

А) я

Б) а

В) у



28. Й гьаракь кинаб кколеб?

А) рагьараб ;

Б) рагьукъаб ;

В) гьаракь кьолареб ;

29. Хъвалаго гьаркьал кин рихьизарулел ?

А) тарихаздалъун ;

Б) х1арпаздалъун ;

В) лъаларо;



30. Бицанк1о ч1вай.

Т1асахун г1урчччинчараб

Чохьониса баг1араб

Чакар г1адин, гьуинаб жо.



А) к1алдиб мац1;

Б) хъарпуз;

В) ц1а;



31. Кинал гьаркьазда абулеб геминатал?

А) к1ирекъарал;

Б) к1и-к1и ишаралдаса г1уц1арал;

В) к1иго гьаракь кьолел;



32.Кидаго к1иго ч1ч1 хъвалел раг1аби хъвай, гъалат1ги бит1изабе.



А) ч1ана, ч1игъа, ч1ужу;

Б) бич1ана ч1вад реч1изе ;

В) ч1еп, реч1азе, рач1;

33.Кидаго к1иго СС хъвалел раг1аби рате ва гъалат1ги бит1изабе.

А) си, русун, бусине

Б) сог1лъи, сах1, сургу

В) сурк1а, сих1ру, сабру



34.Гьаб предложениялъулъ маг1наялъул рахъалъ рекъон кколеб раг1и хъвай.

Дица … г1еч кванана.



А) ц1орораб

Б) гьуинаб

В) гьалулеб



35. Юсуп абураб раг1улъ чан гьаракь бугеб?

А) 4

Б) 5

В) 2







36.Ххвел абураб раг1улъ чан гьаракь бугеб?

А) 4

Б) 5

В) 1



37.К1ут1би ц1унт1изарун абулел гьаркьал ккола



А) лабиалиял ;

Б) геминатал;

В) к1иго гьаракь кьолел;



38.Лабиалиял гьаркьал кинаб х1арпалъ рихьизарулел?

А) л

Б) м

В) в

39. К!илк1ал абураб раг1улъ рагьарал гьаркьазулги слогазулги къадар чан бугеб?

А)4;

Б)2;

В)6;

40.Кинаб мухъилъ к1-к1и гьаракь бихьизабизе к1олел рагьарал гьаркьал кьун

ругел?

А) а, и, о, ы, э;

Б) е, ю ,я, е ;

В) лъаларо;



41. Кинал раг1абазулъ е, е, ю, я х1арпаз к1и-к1и гьаракь бихьизабулеб ?

А) Мусае, буюри ,хиял , егана ;

Б) гел ,самолет, октябрь ;

В) г1ела, тел,рюмка;

42. Т1анк1азул бак1алда щиб хъвазе кколеб ?... рч1ана, …рхана , …кьарай,

А) йо;

Б) Е;

В) лъаларо;

43.Кинал раг1абазулъ 6 гьаракь бугеб ?

А) поезд , буюри;

Б) ярагъ,Марям ;

В) эбел,кьег1ер;

44. Гьал х1арпаз кинал гьаркьал рихьизарулел ?

Б, в, г , гъ ,гь, г1,д,ж,з,й, к,къ,кь,к1,л, м,н,п, р,с,

т,т1,ф,х,хъ,хь,х1,ц,ц1,ч,ч1. ш,щ

А) рагьарал ;

Б) рагьукъал ;

45. Авар мац1алъе хасиятал гьал х1арпаз кинал гьаркьал рихьизарулел?

Гь,г1,гъ,кь,к1,къ,лъ,т1,хь,хъ,х1,ц1,ч1.

А) рагьукъал;

Б) рагьарал ;

46. Ш,Щ кинал гьаркьал кколел ?

А) рагьукъал;

Б) рагьарал;

В) лъаларо ;







47.Кинаб мухъилъ кьун ругел геминатал ?

А) ц ,к, н ,ш, щ ,з, х;

Б) ф, в, п, р, л ,д ,ч,ж;

В) кк, хх, чч ,сс, к1к1,лълъ ,

48.Цо ч1ванкъот1араб тартибалда сок1к1арал т1олго х1арпазда абула

А) геминатал;

Б) раг1абазул дандраял;

В) алфавит;



49. Слог ккола

А) к1иго х1арп;

Б) ах1ун абулаго, рат1а рахъунел раг1ул бут1аби;

В) х1арпазул жут ;



50 .Ударение ккола

А) слог бат1а гьаби4

Б) слогазул цояб цогидаздаса ц1ик1к1ун гьаракь борхизабун аби;

В) ах1ун абураб раг1ул бут1а ;



51. Цо мухъилъ инч1еб раг1и цоги мухъиде босула

А) слогазде бикьун;

Б) цо-цо х1арп ккун;

В) к1и-к1и х1арп ккун;



52. Предложениялъул авалалда хъвала

А) гьит1инаб х1арп;

Б) к1удияб х1арп ;

В) лъаларо;





53. Ц1акъ бец1аб сордо бук1ана - абураб предложениялъулъ чан раг1и бугеб?



А) 4

Б) 3

В) 8



  1. Кинаб предложениялъ нилъедаса цо щиб бугониги ц1ехолеб?



А) хабарияб

Б) суалияб

В) т1алабияб



  1. Предложение сунда абулеб?



А) цо чанго раг1абазул дандраялда ;

Б) к1игоялдаса ц1ик1к1ун раг1абазда ;

В) цо т1убараб пикру бич1ч1изабулеб цо чанго раг1иялда;



  1. Кинаб предложениялъ нилъедаса иш гьаби т1алаб гьабулеб?



А) т1алабияб;

Б) хабарияб;

В) суалияб;



  1. Предложениялъулъ цо сундулниги х1акъалъулъ бицунеб бугони, предложениялъул ахиралда лъола



А) суалияб ишара;

Б) т1анк1;

В) ах1ул ишара ;



  1. Предложениялъулъ цо сундулниги х1акъалъулъ гьикъулеб, ц1ехолеб бугони, гьединаб предложениялъул ахиралда лъола



А) т1анк1;

Б) ах1ул ишара;

В) суалияб ишара;



  1. Рек1елъ кутакаб асаргун предложение абулеб бугони, гьединаб предложениялъул ахиралда



А) ах1ул ишара лъола ;

Б) суалияб ишара лъола ;

В) т1анк1 лъола;



  1. Г1адамазул ц1аразул, фамилиябазул ва инсул ц1аразул бет1ералда хъвала



А) к1удияб х1арп;

Б) гьит1инаб х1арп;

В) лъаларо;



  1. Предметиял ц1аразе кинал суалал лъолел?



А) кинаб? Кинав? Кинай?

Б) щиб? щив? щий?

В) щиб гьабураб? Щиб лъугьараб?



  1. Предметиял ц1араз щиб бихьизабулеб?



А) предмет

Б) къадар

В) г1аламат



  1. Гьаб предложениялъулъ бугеб предметияб ц1ар бихьизабе.

Кутакаб гьури пуна.

А) кутакаб

Б) гьури

В) пуна



  1. Предметалъул г1аламатал кинал суалазе жаваблъун рач1унел раг1абаз рихьизарулел?



А) щиб? щив? щий?

Б) щиб гьабураб? Щиб лъугьараб?

В) кинаб? Кинав? Кинай?



  1. Предметалъул кьер, роцен, т1аг1ам кинал суалазе жаваблъун рач1унел раг1абаз бихьизабулеб?



А) щиб? Щив? Щий?

Б) кинаб? Кинав? Кинай?

В) щиб гьабураб? Щиб лъугьараб?





  1. Ясалъул г1амал – хасият бихьизабулел раг1аби рище.



А) сонисеб, т1огьилаб, кваранаб;

Б) ц1ияб, г1урччинаб, ц1ах1илаб;

В) к1вах1алай, тирияй, г1акъилай;



  1. Предметалъул г1аламат бихьизабулел раг1аби рате.



А) гьайбатаб, беричай, чучаб;

Б) вехь, чан, бис, сурат, яс;

В) вач1ана, анна, рагьана;





  1. Щиб гьабураб? Щиб лъугьараб? Щиб гьабилеб? Щиб гьабизе бугеб? щиб гьабулеб бугеб? абурал суалазе жаваблъун рач1унел раг1абаз щиб бихьизабулеб?



А) предметалъ гьабулеб иш;

Б) предметалъул г1аламат;

В) жибго предмет;



  1. Предметалъ гьабулеб иш бихьизабулел раг1аби кинал суалазе жаваблъун рач1унел?



А) кинаб? Кинав? Кинай? Кинал?

Б) Щиб гьабураб? Щиб лъугьараб? Щиб гьабилеб?

В) щиб? Щив? Щий? Щал?









  1. Иш гьабулеб чиясул ц1ар хъвай.

Г1и хьихьула …. .



А) коч1охъанас .

Б) къадахъанас.

В) г1ияхъанас.



  1. Гьаб предложениялъулъ рекъон кколеб раг1и хъвай.

Бакъуца …. кьола.

А) рохел.

Б) маг1на.

В) хинлъи.



  1. Абиялъулъ жал бат1иял маг1наялъул рахъалъ цогоял раг1аби рате.



А) г1енеккана, г1инт1амуна;

Б) вач1ана, ана;

В) вахъана, рещт1ана;



  1. Г1акса маг1на кьолел раг1аби рихьизаре.



А) таргьил к1ал, чиясул к1ал;

Б) квачараб-хинаб;

В) барахщарав-къарумав ;



  1. Гьаб предложениялъул ахиралда кинаб лъалхъул ишара лъезе кколеб?

Жакъа роц1араб къо буго.

А) т1анк1;

Б) суалияб ишара;

В) ах1ул ишара;



  1. Квар халатаб лъик1, хабар къокъаб лъик1. Гьаб предложениялъулъ бугеб халатаб, къокъаб раг1абаз кинаб маг1на кьолеб?



А) цого маг1на;

Б) г1акса маг1на;

В) бат1и-бат1ияб маг1на;



  1. Гьаб предложениялъулъ лъаг1алил щиб заманаялъул бицунеб бугеб?

Дунял хинлъана. Т1угьдул раккана. Т1абиг1ат ц1илъана.



А) хасалил;

Б) хасалихълъиялъул;

В) риидалил;



  1. Г1анк1ие хасиятал раг1аби рихьизаре.



А) х1инкъараб, т1урулеб, бахчулеб

Б) ч1ух1араб, кутакаб, камилаб

В) цудулаб, нек1сияб, басрияб



  1. Гьаб раг1улъ цо х1арпги хисун, ц1ияб раг1и лъугьинабе. Ч1абар



А) м

Б) р

В) х



  1. Иш гьабулев чиясул ц1ар хъвай.

Къед гьабула …. .



А) шоферас

Б) ахихъанас

В) къадахъанас



  1. Гьаб предложениялъул г1акса маг1на кьолел раг1аби рате.

Гьавудила –г1орц1ила, г1одов ч1ела – вакъила.



А) гьавудила – г1орц1ила ;

Б) г1одов ч1ела _- вакъила;

В) Г!орц1ила – вакъила;



  1. Гьал раг1иялъе г1акса маг1на кьолел раг1аби рате. Хинлъана



А) ц1орона, квачана

Б) вохана, велъана

В) ах1дана, вуц1ц1ана



  1. Ах1дола абураб раг1уе маг1на г1агараб раг1и бате.



А) т1ехьала

Б) бицуна

В) ч1ич1идула



  1. Бокьулеб абураб раг1уе маг1на г1агараб раг1и бате.



А) хинаб

Б) хирияб

В) хисараб



  1. Щиб гьабулеб? абураб суалалъе жаваблъун рач1унел раг1аби рате.



А) микки, милъиршо, къверкъ;

Б) бубудуна, ах1дона,к1анц1ола;

В) кьер-кьераб, кант1огьилаб, т1адагьаб;



  1. Т1абиг1аталъул щиб заманалъул бицунеб бугеб?

Гьурал пула. Гъут1буздаса т1амах гъенола. Х1анч1азул гьаркьал г1емерлъула.



А) рии.

Б) хасалихълъи .

В) их.



  1. Бит1ун слогазде бикьараб раг1и бате.







А) хе-рлъи

Б) к1у-да-да

В) къим-ат





  1. Гьаб кициялъулъ камураб раг1и хъвай.



Квар халатаб лъик1аб, раг1и … лъик1аб.



А) къокъаб

Б) борхатаб

В) гьит1инаб



  1. К1и-к1и ишараялдалъун г1уц1арал раг1аби рихьизаре.



А) адаб, хазина, хабар

Б) хъумур, х1ама, г1ака, ц1умур

В) ца, ци,цо, махх



  1. Гьаб предложениялъулъ маг1наялъулъ рекъон кколеб раг1и бате.

Кутакаб … бана.



А) ц1орой

Б) гьури

В) г1азу



  1. Х1айваназул т1ок1ц1аразул ва бак1азул ц1аразул бет1ералда хъвала:



А) гьит1инаб х1арп

Б) к1удияб х1арп

В) лъаларо



  1. Рукъалъул х1айваназул ц1арал рате.



А) гъалбац1, бац1, ци

Б) чахъу, ц1ц1е, г1ака, гьой

В) цер, г1анк1



  1. Росабазул ц1арал рате.







А) Генуб, Ц1ада, Изано.

Б) Манарша, Булбул, Чакар.

В) Нодок, Гороч, Тулпар.



  1. Хасало кинал къоял рач1унел?



А) халатал

Б) къокъал

В) лъаларо.



  1. Мег1ер абураб раг1иялъе хасиятал раг1аби рихьизаре.



А) ц1орораб, хинаб, халатаб;

Б) ц1ек1аб, гьуинаб, лъамияб;

В) г1урччинаб, борхатаб, рик1к1адаб;



  1. Рет1ел кинаб?



А) хинаб.

Б) гьуинаб.

В) лъамияб.



  1. Лабиалиял гьаркьал рихьизарулел х1арпал ругел раг1аби рате.



А) къверкъ, чванта, кьвагьи;

Б) ригь, мех, рукъ, къват1;

В) къого, миллион, анц1ила цо;



  1. Гьаб раг1улъ чан гьаракь ва чан х1арп бугеб?

Вабаъ

А) 4 гьаракь 4 х1арп;

Б) 5 гьаракь 4 х1арп;

В) 4 гьаракь, 5 х1арп;



  1. Гьуърул абураб раг1уца щиб бихьизабулеб?

А) унти.

Б) чорхол лага.

В) математикаялъул дарсида гьабулеб цо х1алт1и.



  1. Авар алфавиталда чан х1арп бугеб?



А) 10;

Б) 34;

В) 46;



100. Алфавит кин г1уц1ун бук1унеб?



А) цо ч1ванкъот1араб тартибалда рекъон;

Б) рагьарал х1арпал гьоркьор ккезарун;

В) цин рагьукъал х1арпал хъван, хадур рагьарал хъван;



101. Алфавиталда т1 х1арп чанабилеб бугебали рик1к1е.

А) 13

Б) 28

В) 42



102. Ъ авар мац1алда кинаб хъулухъ т1убалеб?

А) гьамза бат1а гьабиялъул ишара

Б) гьеб хъвала гьаракь тамах гьабизе

В) гьеб хъвала г1иц1го г1урус мац1алдаса рач1арал раг1абазулъ



103. Ь –ялъ кинаб хъулухъ т1убалеб?



А) рагьукъаб гьаракь рагьаралдаса т1езабун абулеблъи бихьизабизе

Б) гьеб хъвала рагьукъаб гьаркьил тамахлъи бихьизабизе

В) гьеб раг1и г1урус мац1алдаса бач1араб бук1ин лъазе



104. Ударение бит1ун лъе. Чанабилеб слогалде ккун бугеб ударение рахана

абураб раг1улъ? Инсуца нуц1а рахана.

А) т1оцебесеб

Б) к1иабилеб

В) лъабабилеб



105. А, О , У, И,Э,Ы –х1арпаз кинал гьаркьал рихьизарулел?

А) рагьарал гьаркьал рихьизарула.

Б) рагьукъал гьаркьал рихьизарула

106. Къват1иве ,кьерхен, ана абурал раг1абазе г1акса маг1на кьолел раг1аби

рате.

А) жаниве, вач1ана,роц1ен ;

Б) къот1нове,вуссана,гьури;

В) рокъове, г1азу, ватана ;

107. Кинав? кинай? кинаб? Кинаб?- абурал суалазе жаваблъун рач1унел

раг1аби рате.

А) г1арада, г1елму, г1усал,

Б) Г!елмияб, эркенаб, аваданаб.

В) хъухъана, букъана, къот1ана.

108. Чанабилеб мухъилъ гъалат1 биччан бугеб?

А) Пат1иматил кьурдизе гьунар буго.

Б) Г1исал боц1и бокьобго буго

В) Хадижатил катида ц1ар мурка буго, гьоялда ц1ар рекс буго.







109. Гьаб предложениялъул ахиралда кинаб ишара лъезе кколеб ?Жакъа

вач1анищ эмен росулъе

А) т1анк1;

Б) суалияб ишара;

В) ах1ул ишара ;

110. Щиб лъугьараб ? щиб гьабураб ? щиб гьабилеб ? абурал суалазе жаваблъун

рач1унел раг1аби рате

А) г1олохъанаб, беричаб, борхатаб ;

Б)кьолона, кьижана, унтана ;

В)палугьан, вехь, доярка ;



111. Предложение бате:



А) сапаралдаса вуссарав инсул т1агъур ;

Б) рортулел т1анхазул т1варкъи ;

В) Кьижарав вац ворч1ана.



112. Предметалъе сипат – сурат гьабулел раг1аби рате:

А) чу, бурут1, г1ака, микки;

Б) тирияб, к1анц1олеб, рахьдалаб,

В) х1их1идула, бубудула,рекъола,

113. Предложение г1уц1е, раг1аби алфавиталъул тартибалда лъе.

1. Г!умарил 2. г1акъилав 3. вуго 4. чи 5. к1удада.

А) 1, 2, 3, 4, 5;

Б) 3, 5, 4, 2 ,1;

В) 1 ,5, 2, 4, 3;.



114. Къверкъ, анкь, ракь, гъеж гьал раг1абазулъ чан слог бугеб?

А) 1 ;

Б) 2;

В) 4;



115. Кинаб мухъилъ ругел рикьун росизе бегьуларел раг1аби.

А) бац1, анкь, ракь,бер.

Б) килщал, руслан, унге.

В)рач1ана, руссана, свакана.



116. Хъвавул каламалъулъ предложениял цоцаздаса кин рат1а гьарулел ?

А)щибаб предложениялъул авалалда к1удияб х1арп хъваялдалъун, ахиралда

лъалхъул ишараби лъеялдалъун;

Б)хъвавул каламалъулъ предложениял рат1а гьаруларо.

В)щибаб предложение лъуг1араб бак1алда лъалхъи гьабиялдалъун;

117 .Кинаб каламалда абулеб к1алзул каламилан?

А) цо сунда бугониги хъвараб каламалда ;

Б) Нилъеца бицунеб ва нилъеда раг1улеб каламалда ;

В) лъаларо ;



118 .Маг1наялде балагьун раг1аби рит1ун хъвай.

!. . . . . . ц1ализе лъик1ай йиго. 2.Дица чайдулъе . . . бана..3. . . . . . кеч1 ах1изе ц1акъай йиго. 4. Гьаб т1егьалда ц1ар . . . . . . . . буго

А) Чакар

Б) чакар;

В) манарша,

Г) Манарша;



119. Кинаб мухъилъ кьун ругел предметалъул кьер бихьизабулел раг1аби.?

А) ц1ек1аб, кьог1аб, гьуинаб ;

Б) хъах1илаб, баг1араб, г1урччинаб;

В) т1уцаб, ч1едераб, халатаб ;



120. Къо кинаб?

А) жакъасеб, хинаб, бач1араб,аваданаб;

Б) жигараб,х1айранаб,т1адагьаб;

В) маххул,чарамул,бекараб ;







121. Предложениялъулъ камураб раг1и лъе.

Дие дирго … бокьула.

А) г1агарлъула ;

Б) т1еренаб;

В) Ват1ан ;

122. К1и-к1и ишараялдалъун лъугьараб авар алфавиталда чан х1арп бугеб?

А) 46;

Б) 13 ;

В) 10;



Т1адкъаязе жавабал ( 2 класс)











1а;

2б;

3а;

4б;

5в:

6в:

7б;

8в;

9а;

10а;

11б;

12в;

13а;

14а;

15б;

16а:

17а;

18в;

19б;

20б;

21б;

22б;

23а;

24б;

25б;

26а;

27а

28б;

29б;

30б;

31а;

32б;

33а;

34б;

35б;

36а;

37а;

38в:

39б;

40б;

41а;

42а;

43а;

44б;

45а;

46а;

47в;

48в;

49б;

50б;

51а;

52б;

53а;

54б;

55в;

56а;

57б;

58в;

59а;

60а;

61б;

62а;

63б;

64в;

65б;

66в;

67а;

68а;

69б;

70в;

71в;

72а;

73б;

74а;

75б;

76в;

77а;

78в;

79в;

80в;

81а;

82в;

83б;

84б;

85б;

86б;

87а;

88.б;

89в;

90б;

91б;

92б;

93а;

94в;

95а;

96а;

97в;

98б;

99в;

100;

101;

102;

103б

104б

105а

106а;

107б

108в

109б

110б

111в

112б

113в

114а

115а

116а

117б

118.1(а);2(б);

3(г); 4(в);

119б;

120а;

121в;

122б




Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!