СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Тема: «Авар мац!алъе хасиятал рагьукъал гьаркьал в ах!арпал»

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Тема: «Авар мац!алъе хасиятал рагьукъал гьаркьал в ах!арпал»»

Авар мац!алъул рагьараб дарс:

Дарсилтехнологияб карта№13

2 «б» класс

Тема: «Авар мац!алъе хасиятал рагьукъал гьаркьал в ах!арпал»

Предмет: Авар мац!.

Дарсилмурад: 13 хасаб гьаракь мух!канго абизе гьел рихьизарулел х!арпал бит!ун хъвазеги бугеб бажари цебе т!езабизе.

Дарсида х!алт!изарулел алатал

А) карточкаби;

Б) суратал.

Дарсил структура:


Этапы урока

1.Г!уц!иялъул момент.

2.Рокъобе кьураб х!алт!ул халгьабе.

3.Берцинхъвай.

4.Ц!ияб дарс.

5.Т!ех!алдасан х!алт!аби.

6.Калам цебет!езаби.

7.Тетрадазда х!алт!аби.

8.Дарс щула гьаби.

9.Дарсил ахир.

10.Рокъобе х!алт!и.

Дарсил г!уц!и:

1. Г!уц!иялъул момент.

Ц!алдохъаби дарсиде х!адур гьари.

- Рорч!ами! Г!одорч!а. Жакъа нижер дарсиде рач!ун руго гьалбал. Гьел рач!ун руго нужеда рахьдал мац! Кин лъалебале балагьизе.


2.Рокъоб кьураб х!алт!и хал гьаби.

Рокъоб кьураб х!алт!и хал гьабизе ва тетрадал рак!аризе,

Цогидал тетрадал рикьизе.

- Лъимал, рагье тетрадал. Рокъоб кьураб х!алт!и гьабизе

зах!малъарабищ? (х!алт!и 58).

-(Ц!алдохъабазул жаваб).

-Тетрадал рак!аре.

(Ц!алдохъабаца цоцазухъе кьун тетрадал рак!арана).

Лъимал, араб дарсида берцинго хъвадарун руго Мух!а-

Мадова П. Мажидова Ф. Абубакарова Ф. Мух!амачиев Х!.

Цогидазги гьездаса мисал босизе ккела.

Рагье тетрадал,хъвай число ва классалда х!алт!и.


3. Берцинхъвай.

Берцинхъваялъе кьун ругел х!арпазул хал гьабе.

Т!т! Ч!ч! Ц!ц! Лълъ

Т!ут! ч!ор ц!ам лъим

Гьал х!арпал ва раг!аби тетрадазда берцинго хъвай.

ФИЗМИНУТКА

4. Ц!ияб дарс.

-Балагье стендалъухъ.

- Авар мац!алъул хасиятал х!арпал.

- Гьел х!арпазда рекъон раг!аби ургъе.

-Г!-г!азу, Гь- гьудул, Гъ- гъуд, Х!- х!ули, Хь- хьаг, Хъ- хъаз,

К!-к!ал, Кь- кьибил, Къ- къед, Т!- т!емет!и, Ч!- ч!ер,

Ц!-ц!ул, Лъ- лъен.

- Бит!ун буго. Баркала. Гьел раг!абиги гьоркьоре ккезарун

Предложениял г!уц!е.

-Г!азу балеб бугищ?

- Х!улиг!адаб г!азу балеб буго.

-Воре, квачазе вук!унге!

- Кинал предложениял нужеца ургъарал?

- Суалияб, хабарияб ва ах!ул предложениял.

- Бит!ун буго. Х!алч!ахъадал! Цомухъги биччан берцинго

Хъвай тетрадазда.


5. Т!ехьалдаса х!алт!аби.

- Рагье т!ахьал 27 гьум. Бате 59 х!алт!и. Ц!але щиб гьабизе колебали.

- Кеч! ц!але. ( Ц1алдохъанас кеч! Берцинго ц!алана ва рагьукъал гьаркьал бит!ун абиялде к!вар кьуна).

- Хаслихълъиялъул моц!ал лъида лъалел?

-Сентябрь, октябрь, ноябрь.

- Бит!унбуго.


6. Калам цебет!езаби.

- Балагье сураталъухъ. Кинаб заман бугеб бихьизабун?

- Сураталда бихьизабун буго роол заман.

- Кин нужеца гьеб ч!езабураб?

- Роц!араб къо буго. Авлахъалда г!урччинлъи г!емер буго.

Х!айванал рехъен гьабун кваналел руго.

-Роол моц!ал лъида лъалел?

-Июнь, июль, август.

- Бит!ун уго.


7. Тетрадазда х!алт!аби.

- Цомухъги тун тетрадазда хъвай «Словарияб х!алт!и».

Рахь, гьобо, къед, ц!ад, баг!ли, хъарпуз, лъар, кьег!ер, х!ет!е, кокон.

-Баг!ли щиб кколеб?

- Гьеб кола пихъ.

-Цойги коконг ипихъ буго.

- Бит!ун буго.

8. Дарс щула гьаби.

-Бокьарабищ нужее дарс?

- Щиб нужеда лъараб?

- Гьанже бицанк!оялъе жаваб кье.

К1ал гьеч!еб, мац!ги гьеч!еб,

Малъизе гьунар бугеб;

Бер гьеч!еб, калам гьеч!еб

Кинабго жо бицунеб. (т!ехь).

9. Дарсил ахир.

Дарсида берцинго х!алт!ана т!олабго класс. Баркала нужее.

10. Рокъобе х!алт!и.

-Х!алт!и 62 гьум. 29.







Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!