СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Практическая работа на тему:"Творчество Расула Гамзатова"

Нажмите, чтобы узнать подробности

практическая работа на тему "Творчество расула гамзатова" является актуальным для  учителей родных языков 

Просмотр содержимого документа
«Практическая работа на тему:"Творчество Расула Гамзатова"»



Расул Х1амзатовасу творчество х1аталдаса ун бечедаб буго . Поэтасул аслиял темабазул цояблъун ккола хал –

къазул вацлъи ва гьудуллъи барки . Гьелъие нуг1лъи

гьабула гьесул гьаб кеч1алъ .

«Вера Васильевна».

Дида лъала , эбел цо йик1унейлъи,

Цогияз кидаго г1умрудул х1исаб гьабидал,

Амма дир г1умрудул х1исаб гьабидал ,

Йиго цоги ч1ужу цее яч1уней .

Анкьго сон бук1ана , рак1алда буго ,

Рик1к1ада маг1арухъ , г1азизаб росулъ ,

Жийго эбел г1адин , мац1 чияр г1адан

Чияр васасухъ – дихъ балагьарай куц .

Гьеб хинаб балаялъ нуха рег1ана

Киналго г1умрудул нухазулъан дун .

Кинго к1очонаро т1егь гъунеб гъвет1ги ,

Дир гъажалда лъураб тамахаб кверги…

Вера Васильевна , г1азизай гьалмагъ,

Т!оцебе г1урус дарс дие ц1аларай .

Къого хасел ана нижер росулъе

Москваялдаса мун яч1аралдаса .

Г!емераб мех бана , лъач1о дурр къимат ,-

Киг1ан къо бихьараб , къварилъи лъараб.

Къисматалъ гьабич1о щибниги гурх1ел,-

Гьанжеги бук1уна дир рак1 гьелъ унтун.

Дир школ бух1ана сардилъ кулаказ ,

Дур гордал гъурана гьезул ганч1аца ,-

Дагьабги к1удияб ккезе бахъана ,-

Комсомолаца мун гьаюна хвасар.

Хирияй , бищунго бах1арал сонал

Бец1аб муг1рул росулъ т1амуна дуца.

Бец1ал руччабазул гьерсилал мац1аз

Гьабихъги корохъги какулаан мун :

Бот1рол рас бахчизе чохт1о - к1аз гьеч1ей

Дуде аск1ор ясал рит1иларилан.

Цогиги рук1ана дозул бугьтанал , -

Бич1ч1и щвеч1ел гьезда т1аса лъугьа мун.

Радал , бакъанида Севералдехун

Дуца угьулаан панаяб х1ухьел.

Пашманал лах1затаз маг1арул росулъ

Г!емерго щолаан дуда рак1алде:

Рак1 урхъараб Москва , Арбаталъул къват1,

Т!угьдузул тукада дантдбит1араб рукъ;

Т!инч1ги ун хут1араб х1инч1алда релълъун ,

Мун рокъой ах1улей х1асратай эбел;





Ва гьелъул макьаби , маргьабалъ г1адал ,-

Г!асиял кьураби , ч1ах1иял борхьал ,

Бидул ц1урал хунжрул ва гьезда гьоркьой

Микьабго рахъалъан сверун ккурай мун.

Вера Васильевна , зах1мат бук1ана ,

Амма дуца кинго , кверал рорхич1о .

Яги къоабилелъ муг1рузде щварал

Баг1арал полказул коммунаразда .

Духъ бук1ана канлъи , цо кули гуреб ,

Кинабго дуниял гвангъизабулеб ,

Россиялъул канлъи , Москваялъул ц1ва,

Тушбаби риххулеб , гьудул вохулеб!

Ва хасалил сардаз квачараб рокъоб

Мукъсанаб канлъухъе дуца ц1алана :

Муг1рул лъималаца т1оцере хъварал ,

Бищунго г1адатал г1урус раг1аби .

Гьеб щибаб раг1иялъ нижер бадиса

Борхана азарил соназул пардав.

Нижеда бихьана партабаздасан

Гьайбатаб г1умрудул г1ор щвараб чвахи.

Ниж г1уна , г1емерал сонал роржана,

Нижеца г1асиял муг1рул рахана.

Г!азизай эбелалъ кинигин , дуца ,

Квер босун , сапаралъ ниж т1орит1ана .

Дуца куркьбал гъурал ц1алдохъабаца

Ц!ар бугеб лебалаб нух нахъа тана.

Ц!ия – ц1ияб къокъа г1езабулаго,

Дир г1агараб росулъ дур рас хъах1лъана.

Дур ц1алдохъабаца – маг1арул васаз

Ротаби гьужумалъ цере рачана.

Рейхстагалъул къеда бег1ераб хечалъ,

Жал Хунзахъа ругин , гъулбас гьабуна.

Дур ц1алдохъабаца , ц1умаллъун роржун,

Ц!вабзахъе щвезег1ан т1авап гьабуна,

Ва океаналъул карачалаби .

Гучал китаз г1адин , рикьизаруна.

Дур ц1алдохъабаца – мун ч1ух1уларищ,

Ч!ег1ерг1орда цебе сангар гьабуна .

Ва росабалъ колхозчаг1азе

Коммунизмаялъул ц1аял ракана.

Дора Москваялъул институтазда

Дарс ц1алулел руго дурр ц1алдохъаби.

Ц!ороберал рарал г1алимзабазулъ

Г!адамаз рик1к1уна дур ц1алдохъаби.

Вера Васильевна , кинаб дуниял

Дур дарсаз рагьараб нижер беразе!

Киб бак1алде щвеч1ел унго дурр х1анч1и,

Улбузда , муг1рул тун , къват1иб бак1 лъач1ел!

Амма кир щваниги , щивасул рек1елъ

Бук1уна росуги , хаслихъе мехги;

Керчал гъут1буздаса гъунеб т1амахги,

Гъажалда т1ад лъураб тамахаб кверги.

Рак1алда бук1уна нилъер школа ,

Бищун нахъа росулъ сунеб дурр чирахъ,

Баг1араб щакъиялъ лъурал къиматал,

Щивасул классгин щивасул парта.

Дол партабазда нахъ г1одорги рук1ун,

Г!исин лъимал г1адин , руго ниж урхъун:

Нахъеги ц1идасан духъ г1енеккизе ,

Ц!умур кьабизег1ан , духъ балагьизе;

Доскаялде рахъун дарсал рицине

Ва масъалабазе жавабал кьезе :

Пушкин рак1алдасан дарран ц1ализе

Ва Маяковский такрар гьавизе.

Вера Васильевна , киг1ан гьуинго

Гьанже дурр х1акъалъулъ васаз бицунеб:

Цояца абула урхъарай яцин ,

Цогияз абула эбел йигилан…

Дида лъала , эбел цо йик1унейлъи,

Цогидаз кидаго гьей хисунгут1и,

Амма киназулго рак1алъ абула ,

К!иабилей эбел йигин мунилан.

Халкъалъ г1асрабаз данде гьабураб рух1ияб бечелъи , г1акъиллъи бихьула гьесул г1емерал куч1дузулъ.

«Ханжар» , «Эбелалде» , «Къо –мех лъик1 , Стамбул».

Бергьараб къуваталда ва махщалида хъвараб «Къо –

мех лъик1 , Стамбул» абураб коч1олъ нилъеда цебе ч1ола

Турциялъул зах1матчаг1азул язихъаб г1умру , шаг1ирасда рихьула «г1иц1ал , чамг1алал х1ат1алъ» чияр чакмаби рац1ц1унел лъимал , ракьалда ч1варал накаби , аза – азар саназ какал раниги , аллагьас рехун тарал мискинзаби:

Къо –мех лъик1 , Стамбул , Султанил гьундул ,

Сулейманил мажгит , мискинаб улка ,

Г!арцул ригьзабазда аск1ор г1одор ч1ун

Унел – рач1унезул гьардолел кверал .

Мискиназе г1азабалъе , бечедазе кепалъе г1уц1араб капитализмаялъул дунялалде шаг1ирас данде ккола гьайбатаб , хирияб ват1ан:

Г!азул т1охал ругел дир рорхалъаби,

Лъарал гъулгъудулел дир гъварилъаби.





Дол нижер муг1рузде хьухьал рещт1ингун,

Дур угьараб х1ухьел бихьила дида.

Дол нижер кьураби рец1ц1улеб мехалъ ,

Рец1ц1улел дурр берал щвела рак1алде.

Турциялъул лъим ч1ван бак1аб ургъалилъ

Унеб бугеб гама Грециялде…

Дица пашманаб кеч1 ах1улеб буго ,

Гьеб Ват1ан , Ват1анин угьдулеб буго.








Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!