СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Открытое Мероприятие по творчеству Махмуда из Кахабросу

Нажмите, чтобы узнать подробности

Открытое Мероприятие по творчеству Махмуда из Кахабросу

Просмотр содержимого документа
«Открытое Мероприятие по творчеству Махмуда из Кахабросу»

Учитель МахIмудил шигIрабаз авар адабияталъул хадусеб тарихги тIубанго гвангъизабуна.

МахIмудил асаразул аслияб рокьул тема букIаниги, шагIирас хIакъитаталда бицунеб буго инсанасул рухIияб эркенлъиялъул, гьесул талихIалъулги. МахIмуд – такрарлъи гьечIев, хвел гьечIев, даимав, абадияв адабияталъул Гений абун цIар щварав шагIир вуго. Н. Тихоновас Кавказалъул Блокилан абуна гьесда.

Азра

УЧИТЕЛЬ Профессор Жирковас аваразул Пушкинилан цIар кьуна МахIмудие.

Жеги нилъер ц1ар арав шаг1ир Ц1адаса Х1амзатил рак1алда щвеялдаса нилъеда цеве т1амизе к1олев вуго кинав чи ХЪ. Мах1муд вук1аравлъи:

Гьеб бицине буго цеве вахъарас

3. Ц1алдохъан:

( Асия) Дида Мах1муд вихьана т1оцебесеб нухалъ нижер росулъ гьоболасул бак1алда кеч1 ах1улев.

Гьев вук1ана михъил х1ур ч1варав г1олохъанчи Мах1муд гьеб заманалда жинца кеч1 ах1аниги машгьурав вук1инч1о.

(Умаханова )-Гьелдаса чанго соналъ хадуб бахъана маг1арулазда жаниб Мах1мудил борхатаб гьаракь ва т1ирит1изе байбихьана гьесул куч1дул.

Гьелдаса хадуб дида Мах1муд чанго нухалъ вихьана. Хунзахъе гьев г1емер вач1унаан.

Амирханова К1иабизе вихьараб мехалъ

Мах1муд цояб рахъалде бекун т1агъурги лъурав кьурарал михъазул г1олохъанчи вук1ана. Амма рилълъада жаниб гьит1инаб г1унгут1и бук1ана. Гьелъие г1илла бук1ана гьадинаб, Х1оцоса

Нажмудиница жиндир куйдул хъунилан багьанаги гьабун Мах1мудги гьалмагъги жанир т1амун руго.


Камилал -Мах1муд мук1ур гьавизе к1веч1еб мехалда,

Нажмудиница нусго ц1ал кьабун буго. Нукарзабаз гурх1ел гьабулеб бугилан, гьезухъаги босун:

«Гьадин кьабе»-янги абун чанго нухалъ жинца кьабун буго. Гьелдаса хадуб Мах1мудица цояб бох сакъат ккун дагьаб къват1исан босулеб бук1ана.

Учитель:

МахIмудил асаразулъ загьир гьабун буго халкъалъул гIумруялъул, хьулазул, къасдазул хIакъалъулъ социалияб ритIухълъи.

МахIмуд вукIана киданиги хвел гьечIеб гьунаралъул шагIир. Гьелъие нугIлъи Р.ХIамзатовас гьесул хIакъалъулъ хъвараб «Васият» абураб кечIалъ.

4 Ц1алдохъан:

МахIмудил васият

Гьаб дир хабаде ракь

ТIеренго бан те,

ТIамур хъвалеб гьаракь

Дида рагIизе.

Къаданиб гьитIинаб

КаратI гьабун те,

КечI ахIулеб хIасрат

Дида бихьизе.

Дир пандур цадахъ те, -

Макьил сагIатаз

Рокьулел ясазул

ТIохазда хъвазе;

Учитель:

МахIмуд вукIана аваразул халкъалда жанив вахъарав хIакъикъияв кочIохъан ва, кигIан лъикIаб къимат кьуниги, гьелъие мустахIикъав махщалилавги. МахIмуд халкъалъе цIакъ вокьулев, хасго гIолилазе цIакъго хирияв чи вукIана.

КигIан гIумру къокъаб букIаниги, кинаб гучалда аваразул поэзия цебе тIуниги, МахIмудил цIар ва асарал магIарул кочIохъабазул цебесаб кьерда рукIина, чIалгIада гуро поэтас хъвараб:

Алиева

Дунго хвананиги халкъалда лъалел, Къасидатал руго таманал рокьул.

Ракьулъ вукъаниги къаникь урхъараб

Къо гIемер бачIина гIищкъу ккаразе.

Мах1мудил биография бицине буго цеве вахъарас.







Кеч!

Джумана МагIарулазул гьунар тIокIав шагIир, литератураялда жаниб жиндир цIар меседил хIарпаздалъун хъварав,

МахIмуд гьавуна, гьанжесеб Унсоколо районалъул, ХъахIабросолъ. Мискин - къварилъиялда жанив гIурав чи вукIана гьев. Гьесул эмен Анасил МухIамад вукIана рохьоб тIурччи бухIун гьеб Хунзахъ базаралда бичизе хьвадулев чи. Жиндир чара - гьунаралда балагьун МухIамадица пикру гьабула вас мадрасалде цIализе кьезе. МутагIиллъиялда уна гIумруялъул чанги сонал шагIирасул.

Амина Гусенгаджиева Цогидал мутагIилзабазда цадахъ гьевги щола росулъа росулъе. Амма МахIмуд вукIана гьитIинаб заманалдасанго цIакъго кочIода варав чи, гьев жиндир динияб гIумруялъ, исламияб цIалиялъ, кIвечIо ватIа гьавизе кечI ахIиялдаса. Мадрасаялда цIалулев вукIаниги камулароан гьев кеп - ихтилаталъул мажлисазда.

Дарбишева ТIоцере чидал кучIдул ахIулев вукIаниги хаду - хадуб живго кучIдул гьаризе ва гьел ахIизе лъугьана гIолохъанав шагIир. Абухъе, гьес 14 сон тIубаралдаса гьаруна кучIдул.

Мискинлъи цо балагь! КIиабилеб балагьги гьесие рокьуца кьуна. МахIмудие, 16 сон букIаго, йокьана Бекьилъ росулъа бечедав чиясул яс. Абизе бегьула тIолго хъвадарухъанлъиги гьелде гьабуна кочIохъанас. Ясалъул эбел - эмен мискинасул васасе яс кьоларилан кьурун чIана. МахIмудица жинцаго абухъе:

Рамазан

Борхатаб магIарда кIиго гIадрал тIегь

Цоцазде щапула, данде щоларо.

Гъваридаб кIкIалахъе кIиго иццул лъим

Цоцалъе чваххула, гъорлъ жубаларо.

Азра

Муилги МахIмудидехун балъгояб балай букIаниги нухал къана гьелъие кьолбол гIадамаца. Къо бахъанагIан цIикIкIун йокьана шагIирасе жиндир рокьи ккарай. Амма Муи йикIана чидал лъади.

Асият

Рос хварай лъади йикIана Муи, лъималги рукIана гьелъул. Гьей кIочон телилан росулъа къватIиве ана МахIмуд. Щвана гьев ЦIоралде, Бакуялде, Тифлисалде.

Хадувги гьев ана Карпаталде.

Гьеб заманалъ букIана тIоцебесеб дунялалъул рагъ.

Амирханова МахIмуд гьениве щвана Дагъистаналдаса гьенибе битIараб магIарулазул полкалда цадахъ. Амма, къо бахъанагIан жеги цIикIкIун ракIалде къан гурони, кIочон течIо гьесда росулъ тарай йокьулей. Гьеб гуребги росу - ВатIаналдаса рикIкIад вукIин захIмалъана гьесие. Карпаталда вукIарабшинаб заманалъ МахIмуд щибаб минуталъ урхъана росу - авлахъалъухъги, ракI - ракIалъ хирияй Муихъги.

Биларова

БицинчIого тезе бегьуларо "Марьям" абураб гьесул поэмаялъул тарих. Карпаталда МахIмудил гIумру уна казарма - окопалда.

Гьебги эркенлъи хирияв магIаруласе рекIее гIолеб жо букIинчIо.

Цо рахъалъ Муил пикраби, цо рахъалъ ватIаналъухъ ракI урхъи, цо рахъалъги бидулаб рагъ. Рагъда хола МахIмудил гIагарав гьалмагъ.

Камилла Цо къоялъ жиндир гьалмагъ чIварав тушман тохлъукье дандчIвала гьесда. Бахъун хвалченгун МахIмуд лъугьуна гьесда худув.

ХIинкъарав тушманги церковалде тIурун уна гьасухъа. МахIмуд жаниве вахъараб мехалъ гьев вукIуна, капуразул гIадаталда, ГIиса аварагасул эбелалъул сураталда цеве накабаздаги чIун жив цIунейилан гьардолев. ГIажагIиблъула тушман МахIмудил кодоса хвалчен бортун ин бихьун, къадада бараб Мариямил сураталъухъ хаган валагьи бихьун.

Асия Рокьуца велъарав, даим рукьбазда гьелъ лъураб цIадул свин гьечIев, МахIмуд хIайранлъула сураталда йигей гIаданалъул берцинлъиялъухъ, жий щий йигеяли лъачIониги. Гьасда ккола живго гIадин жив хадув лъугьарав чиги рокьул гIашикъ вугилан, гьанжеги гьай берцинай, Муида релълъарай гIаданалъул, сураталдаса кумек гьарулев. ТIаса лъугьун тола МахIмудица жиндир гьадмагъ чIварав тушман. Хадуб Мариамги Муиги данде ккун гьабула гьес жиндир "Мариям" абураб поэма.

6 Ц1алдохъан:

MAPИЯM

Цo пaнaяб xIуxьeл буxIулeб peкIeл,

KIвeлapищ бocизe, caмaaлъул нaкIкI?

Copoлeл лугбaзул бугeб гIакъубa!

ГIapза xъвaн кьeлapищ, xъaxIил зoдил xьуxь?

Диp чopxoл pуxIaлъул xIайpaнлъиялъул,

XIaкъикъaт лъaзaбe, шaмaлъул гьуpи?

Гьaлдoлeб цIaялъул цIуpaб кapaнзул,

Kaгъaт кoдoбe кьe, кьуpдa чIвaлeб бaкъ!

Pиидaл цIep чIвaлeл цIopoл мугIpуздa, ГIaзукъ тaнин бице, тулaкaб жайран. Жaниб чaн щoлapeб чaбxил кIкIaлaбaxъ,

Чaбxъад aнин aбe, лълъap меседил биc!



Айшат

ТIоцебесеб дунялалъул рагъдаса вуссун хадув

шагIирасул лъай - хъвай ккола, магIарулазул цIар рагIарав герой, МахIач Дахадаевасулгун. Гьеб гражданияб рагъул байбихьул заманалда чанго тIадкъай тIубала МахIмудица МахIачил.

МахIмуд чIван хвана 1919 соналъ. Цо - цо чагIаца чIезабулеб буго МахIмуд чIванин гьесул гьоболас. Цогидацаги далил бачулеб буго гьев, МахIачил тIадкъай тIубазе унаго нухда ХIоцоса Нажумудинил къокъаялъ чIезавун, Игьалив туснахъалда вукIаго гьебго росулъа Магьдил МухIамад абурав чияс чIванилан. Амма кIиябго рахъ ккурал чагIазул рекъон кколеб рахъ МахIмуд Игьалиса Магьдил вас МухIамадица чIванилан аби буго.

Биларова

МахIмудица, абизе бегьула, хъванин кучIдул жеги авар адабияталда цониги чияс хъвачIел ва хъвазеги гьечIел.

Кинаб кечI гьесул босаниги буго щивав рокьи ккарасул рекIелъа бачIунеб, щивав гIашикъасул пикру гIахьал гьабун хъвараб гIадаб. Абизе бегьула МахIмудица церего ккун хъванин щивавго рокьи ккарасул рекIел анищал, мурадал, гьесул каранзул хIалал. Гьедин, жиндир рокьул цебего хъван батанилан абуна МахIмудил рахъалъ гьабураб кочIолъ Расул ХIамзатовасги, гьесие кIудияб къимат кьолаго.

Гьелдаги буго шагIирасул кочIол къуват, пасихIлъи, камиллъи.

Гьебги щивав шагIирасе насибаб жо гуро...

Учитель:

Макьу абураб кеч1 киб кида хъварабилан бицунел бат1и-бат1иял пикраби руго. Цо пикру буго гьадинаб.

Мах1муд Карпаталда рагъда вук1аго кьижун вугеб бак1алда макьу бихьун буго. Макьилъ гьес рокьи карай Муи хъамулей йик1ана. Макьидаса ворч1аравго гьес хъванин абулеб буго гьаб «Макьу» абураб кеч1.

Гьеб рик1к1ине буго цеве вахъарас

8 Ц1алдохъан:

МАКЬУ

Рамазан моцIалъул анцIго къо индал,

Къавулъ чи гьечIого дунго хутIана.

Дежурна гьечIого поч теларилан,

Танкан сваказегIан вахъун свердана.

Нур ссваял беразда макьу щвечIого,

Микьго къвал цIулал лъун, цо печ бакана.

ХIал кIвараб куцалда цо таргьа цIураб,

ТIаде хветер бана хехго рекIине.

Ханзабазул утар толеб бугилан,

Тахида шагь гIадин, гIодов вукIана.

ГIурус берданкалда патиранги лъун,

Гьорол ицц чIваниги речIчIилин абун.

Адам вахъун хадуб халкъалда лъараб, Хиял цIи гьабуна, цIадавги къулун. НухIил гаминибе гважулги гьвелги,

ГьабичIого пикру хутIичIо нахъе.

Хасел чIолеб заман, халатал сардал,

Рогьине хIал кIвечIо, кIал гьикъун чIана.

Гьуригун пун балеб цIадал гьаркьихъе,






Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!