СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

День единства народов Дагестана

Нажмите, чтобы узнать подробности

Внеклассное мероприятие

Просмотр содержимого документа
«День единства народов Дагестана»



Тема: Дагъистаналда халкъ цолъиялъул къо

Рорч1ами, лъимал, жакъа буго нилъер рагьараб дарс, гьеб дарсги хурхараб буго нилъер т1аде бач1инеб бугеб байрамалда .

- Лъимал, кинаб байрам бугеб Дагъистаналда 15 сентябралда? (Гьаб байрам буго Дагъистаналъул халкъ цолъийин абураб)

Бит1араб буго, лъимал, жакъасеб байрам буго Дагъистаналъул халкъ цолъи абураб. Гьеб байрам т1обит1улеб буго 2011 соналдаса бахъараб. Гьаб байрам т1обит1иялъе г1иллаги буго 1741 соналъ ккараб лъугьа-бахъин. 18 г1асруялда ираналъул хан Надир-шагь 100 азарго рагъухъангун вач1инев вук1ун вуго Кавказалде. Надир-шагь цере ратанщинал шагьаралги кодоре росун вач1ана, цебе батанщинаб хвезе гьабулаго. Г1андалазул ракьалде щола Надир-шагь. Нилъер аваристаналъул халкъалъе бокьич1о Надир-шагьасул кверде ине. 12 сентябралда 1741 соналъ т1убараб аваристан бахъана Нади-шагьида данде рагъизе. Гьеб рагъулъ нилъер рагъубаз бихьизабуна к1удияб бах1арчилъи. Гьеб рагъ халалъана 5 къоялъ, амма нилъер бах1арзал киг1ан дагьа ругониги к1удияб бах1арчилъи бихьизабуна гьеб рагъулъ.


15 сентябралъ Хиц1иб габурлъухъ цолъарал дагъистанияз Надир-шагь щущахъ виххизавиялъул лъугьа бахъиназда хурхун лъазабун буго гьеб къо дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къолъун.

Исана абизе бегьула Дагъистаналъул халкъ гуребги т1убараб дунялалъул халкъ цолъизабуна нилъер район цояв Расулил Х1амзатицаги. Гьаб к1иябго байрам дандеги къан нилъехъе гьоболлъухъ рач1ун руго бат1и-бат1ияб миллаталъул халкъ. Расул к1одо гьавун жал киг1ан бат1ияб милаталъул халкъ бук1аниги гьел рач1ун руго нилъер рагьараб дарсиде. Гьелги ккола бищунго лъик1ал ц1алдохъаби. Амма Дагъистан абураб раг1и жиб-жиб мац1алда бат1а-бат1аго абуниги ц1акъ берцинго абула.

Авар мац1алда – Дагъистан.

Даргиязул мац1алда– Дагьистан.

Лъараг1азул мац1алда– Дагъыстан.

Лезгиназул мац1алда – Дагъустан.

Лаказул мац1алда – Дагъусттан.

Балагье, лъимал, цо Дагъистан абураб раг1иялъгицин цолъизабулеб буго халкъ.





Рач1аха нилъеца гьезулгун лъай-хъвай гьабизе. Гьал руго нилъер маг1арул милаталъул ц1алдохъаби.(Маг1арулал) Гьал ккола даргиязул ц1алдохъаби(Дарганти). Гьал ккола лъараг1ал(Къумукълар). Гьал ккола лезгиял (лезги ч1ап). Гьал ккола лакал(лаку халкь).Жал киг1ан бат1иял миллатазул рук1аниги Расулил сон к1одо гьабун маг1арул мац1алъул дарсиде рач1ун руго гьел. Гьезул анищ бук1ана Расулил Ват1аналдеги щвезе. Гьезул анищги бук1ана Расулил куч1дулги рицине жиде-жидер мац1алда.





Рач1аха нилъеца раг1и кьела нилъерго маг1арул ц1алдохъабазе.

Рорч1ами!

Гьаз бицине буго Расул Х1амзатовасул «Дагъистан» абураб кеч1





Дагъистан

Гуро, гьитIинаб гьечIо, гьудулзаби, Дагъистан,
Гьелъул борхалъиялде ваха гьедин абулев.
Аххал тIогьода руго, тIогьал гIаздада руго,
ГIатIидаб Каспиялда гуми лъедолел руго.

ТIадегIанаб,
ТIадегIанаб, гIагараб,
МагIарулазул улка,
Аваданаб Дагъистан.

Йохъ, цо миллион гуро дагъистаниял ругел
Дунялалда гIагарлъи гIунги тIокI буго нилъер
МугIрул тIокIкIарал иццахъ океан зигардула
Аваразул васазухъ ясал чанги угьдула.

Гуро, гIамал кIудияб гIадамазул ватIан гьаб,
Амма бетIер даличIо Дагъистаналъ лъиего. Гьелъул ччорбалъ беролеб буго цIакъ машгьураб би
Гьелъул каранлъ кьабгIелеб буго цIакъ кьварараб ракI

Баркала! Лъимал!

Раг1и кьолеб буго лъараг1азул ц1алдохъабазе

Салам алейкум!

Дагъыстан (Кумыкский язык)


Мен сюемен Ватанымны Дагъыстан

Халкъымны яшайгъан элимде

Сюювюме тенг гелир зат ёкъдур бирде

Дагъыстаным мени Дагъыстан


Сагъа алгъышлар багъышлайман мен

Халкъымны сюювююн даим яшайгъан

Намус, да, ягь да, сююнч де

Бирлейшип талпына сюеген юреклерде


Ватаным-Дагъыстан

Сени булан мен оьктеммен

Тавларынг булан, тюзлеринг булан

Кёп жанларын берген давларда

Игит уланларыбыз булан


«Савбол» (спасибо)

Раг1и кьолеб буго даргиязул ц1алдохъабазе

Ассаламу г1алайкум!

Гьаз бицинеб буго Расул Х1амзатил «Къункъраби» абураб кеч1

Даргиязул мац1алда «Къургъи»

Къургъи
Гьанарули бирар наб багьадурти,
Дергъла майдайчибад чархIебухъунти,
КахIелунну илди цIяб гIянжилизиб,
Лебилра шурбухъун цIуба къургъачи.

Гьарахъ дусмазирван къургъи гьаннара,
Арцурли заклизир, ахъли жидикIар,
Илбагьандан бургар нуша пашманни,
Заки хIердикIулра гъайхIедикIули

Гьайгьара валас (Баркала)

Раг1и кьолеб буго лезгиязул ц1алдохъабазе

Гьаз бицине буго Расул Х1амзатовасул «Дагъистан» абураб кеч1

Экуьн хийирар!

Лезгиязул кеч1

Дагъустан

Гагь жеда вун кьуьзьу къужа,
Лап чуру рехи, Дагъустан.
Гагь гъиле къаз буьркьуь ружа,
Жеда вун пехъи, Дагъустан.

Гьар атайда вегьиз лапIаш,
Гагь жеда ви тегьер яваш;
Гагь ийиз на дяве, саваш,
Жеда ваз ашкъи, Дагъустан.

Гагь жеда вун шад-хуррам;
Гагь гъиле кьаз вуна вагьрам,
Гагь макъамда жеда тIарам,
Гагь жеда гъуьргъуь, Дагъустан.

Сагъул (баркала)

Раг1и кьолеб буго лаказул ц1алдохъабазе

Гьаз бицине буго Расул Х1амзатил «Къункъраби» абураб кеч1 (азул мац1алда «Кьурукьру»)

Бивзрув (рорч1ами)



«КЬУРУКЬРУ»

Дяъвилул майданнай, тийх  багьсса вирттал,
Аьрщараву чуч1ав,  къабуччусса тай,
Мяйжанну буххайра , ч1алай тти ссавний,
К1яла кьурукьирттайн  к1ура бавну к1ай.

Тти инт ва ссут дуч1айх,   шиная  шинайн,
К1ай лехлаймма бачайр,  оьт1исса  ч1урдай,
Ссавния  халкьуннайн, леххаву рутлай 
Ц1унил ва ц1унилгу,  к1ийн бурган буллай

Барчаллагь! (баркала)

Баркала буго нилъер гьал киналго ц1алдохъабазе. Киг1ан жал бат1-бат1иял миллаталъул рук1аниги гьел цолъизарун нилъер гьаб жакъасеб дарсалъги Расул Х1амзатовасул творчествоялъги

Жакъа нилъер дарсиде бат1и-бат1иял миллаталъул ц1алдохъаби данделъун руго Расулил Ват1ан бихьизе бокьун нилъер дарсиде рач1ун.

Рач1аха нилъеца Расулил Ват1аналде виртулияб экскурсия гьабизе.








Сценка «Бищунго хирияб»

Ведущий :Цо бечедаб муг1рузул улкаялдасан вач1инев вук1ун вуго

цо нухлулав х1амаги цебе къот1ун. Х1амида аск1оса нухлулав нахъе ингун. К1игояв х1амида аск1ореги рач1ун гьелъие г1азаб кьезе лъугьун руго. Цояс т1ил кьабун, цояс заз х1унсун.

  1. Балагье, Г1умар, х1ама!

  2. Вач1а, Г1али, аб балъаргъине.

Ведущий:Х1алихьатал васазда рек1едаса ун релъулел рук1анила х1амида. Нухлуласул гьезда ццин бахъанила, бахъун ханжаргун гьезде вортанила.

Горец: Вай, нуж х1алихьатал! Гьабсаг1ат дица бихьизабила нужеда. Нужее цидуе махсара гьабизе лъик1ан дие гьабизег1ан.

Ведущий: Х1инкъанила гьал, т1аса лъугьайин гьаризе лъугьанила.

1.-Т1аса лъугьа, вац, нижеда лъач1о гьаб дур х1ама бук1ин.

2. –бегьулеб юатани т1аса лъугьа, аллагьасе г1оло, гьаб ханжарги нахъе босе щибниги ккани.

Горец: -Лъик1. Гьаб нухалъ т1аса лъугьун тела дица

1.- Вац, щиб дуца гьаб х1амида лъун босулеб бугеб?

Горец: Къиматаб хазина!

2.- Къиматаб хазиная, биче гьеб нижее.

Горец: - Нужер г1арац, я месед г1оларо гьаб хазина босизе.

1.- Дуца абе дур багьа, нижеца хал гьабила.

Горец: Гьаб буго багьа гьеч1еб хазина.

1-. Г1умар, бриллиантал ратала асухъ.

2.- батуларо, месед батула.

1.- бице, вац, щиб дур гьал тургьбузда жаниб бугебали, багьаго гьеч1еб.

Горец: - Гьаб буго дир Ват1ан, дир Дагъистан.

1.- Ват1ан х1амидаги лъунищ баччулеб? Бихьея цо бихье дур Ват1ан!

Ведущий: Нухлулас бичанила жиндирго таргьа гьениб гьезда бихьанила г1адатияб ракь, гьеб ракьул бук1ана ункъо бут1а гьабун лъабго бут1а ганч1азул


1.- Гьаб жойищ? Гьабищ дур хазина?

Горец:- У, гьаб бугодир муг1рузул ракь.Гьаб буго дир инсул дуг1а, дир эбелалъул т1оцебесеб маг1у, т1оцебесеб дир гьеди, дир к1удияв инсуца нахъе тараб, дицаги дир васасе,васасул васасеги тезе.

1.- Гьалда жаниб щиб бугеб?

Горец: - Гьабсаг1ат бихьила.

Ведущий: Горец рагьанила таргьа, бахъун бач1анила хъаба.

1.- Гьаниб жаниб ч1аг1а батизе бегьула, бихье дихъе х1ал бихьизе кье.

2.- Тфу, гьекъезего бегьулареб ц1амг1алаб лъим буго гьаниб.

Горец: -Гьаб буго Каспиялъул лъим. Мат1уялда жанибе г1адин балагьула Дагъистан гьаб ралъдалъе.

1.-Унго, мун вугев г1ажаибав чи, ток1аб щибха духъ бугеб?

Горец:-Дагьистан г1уц1ун буго лъабго бут1аялдасан. Т1оцебесеб –ракь, к1иабилеб-лъим, лъабабилеб-хут1анщинаб.

1.- Эдин батани лъабабилеб таргьиниб дур хут1анщинаб батила.

Горец: Буго.

2.- Щай дуе гьаб цадахъ баччун?

Горец: Кидаго Ват1ан цадахъ бук1ине. Дун нухда унаго хванани, дир хабаде бала гьаб ракь, гьаб заниги гьаб ралъдал лъеца чуризе.

Ведущий: Нухлулас къунт1 ккураб ракьги босун, лъулъанила кверазда, ва чуранила хъабаялда жаниб бук1араб ралъдал лъеца

  1. –Щай, дуца гьедин гьабураб?

Горец: Иш гьеч1ел чаг1азда хъварал кверал гьадин чуризе ккола



Нужеда бич1ч1ана цох1о Дагъистан абураб раг1иялъгицин цолъизарулел куц. К1удияв шаг1ир Расул Х1амзатовас абуна «Дагъистан киназего г1аммаб буго, бук1аниги щивасул буго жиндирго хасаб Дагъистан»































.



.


Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!